Аслияб гьумералде

Егунин кьижичIей, кьижун хIалхьичIей

Егунин кьижичIей, кьижун хIалхьичIей

Егунин кьижичIей, кьижун хIалхьичIей

 

Эбел, дир хирияй рекIел хазина,

Халикъас дуй гIумру халатаб кьеги.

Эбел, дир гIумрудул миллияб чIухIи,

ЧIаго тайгиха мун, даим ракьалда. 

 

Нижее рухI бахъун кьезе хIадурай,

ХIалаллъаги дуе Жанатул фирдавс.

Нижей гIоло захIмат гIемер баччарай,

Щваги дуй бищунго кIудаб даража.

 

Якъунин кваначIей, кванид гIорцIичIей,

Нижей нухмалъизе чирахълъун чIарай.

Егунин кьижичIей, кьижун хIалхьичIей,

Берцинаб дуниял нижее кьурай.

 

Ниж сабаблъун дуца рорчIарал сардаз,

ТасбихI бачаги дуй кIиябго рокъоб.

Нижей гIоло дуца бичараб гIумру,

ГIамалал цIалелъул чIаги хIалае.

 

Аллагьасул калам каранлъ бессарай,

ХIабибасул нухда гIумру тIамурай.

Какил ками течIей, чIумал рехичIей,

Щвела дуе эбел, Бичасул кумек. 

 

Къилбаялда юссун сардал рорчIарай,

Цере ккурал кверал сваказе течIей.

Гьабулеб дугIадулъ недегьлъи тIокIай,

ТIадегIанас нижей цIунун таги мун.

 

Хадижат МухIаммадова, Гъоркьа Инхело росу

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...