Аслияб гьумералде

Къуръаналъул хIурмат

Къуръаналъул хIурмат

ХIурматиял бусурбаби, ахирал къояз нилъеда гIемер рагIулеб буго дунялалдаго Аллагьасул ﷻ Калам – Къуръаналда сверухъ унел ругел харбал. Гьеб бухIизе къасд гьабуразул къадар къойидаса къойиде цIикIкIунебги буго. Гьеб хабаралъ ракI пашман гьабичIев бусурбанчиги дунялалда хутIунго ватиларин абизе бегьула. Кинав бусурбанчиха разилъилев хирияб Къуръан сансикъ гьабулеб бугин абун рагIараб хабаралда.

 

 

КАНТIЕ

 

Къуръан буго кIудияб хIурмат гьабизе кколеб тIехь. ТIахьазда гьелъул адабал гIемер рицун рукIуна. Бищунго кIудияб адабги ккола гьеб кидаго цIали. БитIун Къуръан цIализеги нилъеда лъалеб гьечIони, гьелъие ругьунлъизе заманги батулеб гьечIони, гьеб цIализе лъалезги рехунго тун бугони, нилъер батIалъи кинаб бугеб цогидазда дандеккун.

 

 

 

 

ТIаде бачIараб щибаб ишалъе, лъикIаб букIа, квешаб букIа, букIине ккола исламалъул нухдаса кьуричIеб шаргIияб хIукму. 27-абилеб январалда МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда Дагъистаналъул муфтияталъ тIобитIана «Къуръаналъул сордо» абураб Аллагьасул ﷻ Калам кIодо гьабун гIуцIараб мажлис. Гьениб лъазабуна Къуръаналда сверухъ гьарулел ругел нахъегIанал ишаздаса рази гьечIолъи. Кинаб бугониги диналъул ва рухIияб рахъалъул къимат цIунизе кколеблъи.

Къуръаналъул хиралъиги гьелъул хIикматги лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. Гьеб ккола Бичасул аварагасул ﷺ бищунго кIудиял мугIжизатаздасан. Гьелда жанир ракIарун руго киналниги гIелмаби. Гьелъул цо хIарпгицин хисизабизе кIвезеги гьечIо лъидаго.

Къуръан буго кIудияб хIурмат гьабизе кколеб тIехь. ТIахьазда гьелъул адабал гIемер рицун рукIуна. Бищунго кIудияб адабги ккола гьеб кидаго цIали. БитIун Къуръан цIализеги нилъеда лъалеб гьечIони, гьелъие ругьунлъизе заманги батулеб гьечIони, гьеб цIализе лъалезги рехунго тун бугони, нилъер батIалъи кинаб бугеб цогидазда дандеккун.

Бокьарав чияс пикру гьабе, ахираб нухалда Къуръан кида кодобе босун букIарабали. ГIемерисез цебесеб рамазаналдаса нахъе Къуръан рагьунго батизе гьечIо. Рамазаналъ  гьеб цIалулелги абизегIанго гIемер гьечIо.

Балагьеха, бусурбаби, нилъеца кигIанасеб къимат Къуръаналъул гьабулебги бугебали. Нилъеца кидаго гьеб цIалулебги, гьелда гIамал гьабулеб букIарабани, гьеб бухIизеян яги гIодобегIан гьабизеян цониги чи вахъинароанин ккола.

Гьединаб вахIшияб иш гьабулеб бихьараб мехалда гьаб заманалда гьабулеб жо буго гьелда разилъи гьечIолъиги лъазабун, видеоги бахъун, интернеталдасан тIибитIизаби. Яги цо гIаммаб бакIалдеги данделъун, гьеб ишалдаса рази гьечIолъи лъазабураб ракIариги гIуцIун, гьеб тIибитIизаби. 

Гьел къагIидаби асар гьабулеллъун ратаниги, жидер пайда дагьаллъун ккола. Къуръаналъе унго-унгояб цIуни буго гьеб берцинго ва кидаго цIали, гьелда гIамал гьаби. Гурони, жив гьеб ишалдаса рази гьечIин абун гьабураб кIалъаялъ хIасил дагьаб гурони кьоларо.

Къуръаналъул нилъеца гьабулеб гьечIеб адабалъухъ бищунго кьварараб тамихIалъе мустахIикъал нилъго, ай бусурбаби гьечIищ?

Дунялалъул бакI-бакIазда Къуръан бухIиялъул вахIшилъиялде данде жаваблъун букIине щивав бусурбанчияс камилго гьеб цIализе тIаде босани, пайдаги асарги цIикIкIараб букIинаан. МагIида бараб Къуръан хIурулъ босунги тун, хIалал-хIарамалъул милатги рехун тун, исламалъул ахIкамазул тIалабги гьабичIого нилъго рукIаго, цогидазде рагъдеялъ лъикIаб хIасилалде рачунаро.

Аллагьас ﷻ Къуръаналъул агьлулъун гьареги ахираталда киналго! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....