Шаввал 1447 с.
№7. (2026-04-01)

ХIежалъул бицине данделъила

ХIежалъул бицине данделъила  «Марва-Тур» компаниялда тIобитIана регионалда хIежалъул ишал гIуцIиялъул жавабиявлъун кколев Шамил МухIаммадовасулги...

Къецалъул хIасилал гьаруна

«Религия сегодня: Важные темы» абураб тIехьалда тIасан Казбек районалда, 7-11-абилел классазул лъималазда гьоркьоб, лъазабун букIана...

ЦIияб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ къватӀибе биччан буго исламияб лъай кьеялъул бищунго хириял темабазул цояблъун кколеб Лайлатул къадруялъул...

Рибаялъул баркатбахъи

ХIурматиял бусурбаби, «Инсан» фондалъул баяналда рекъон, гIезегIанго дандчIвалел руго процентал кьезелъун чияхъа гIарац босарал яги...

ГIузру бугесе бигьалъи

ТIоцебе кIалгьикъи гьабизе бугелдасан ккола как. Гьединлъидал щивав чияс хIаракат бахъизе ккола букIине кколеб куцалда как базе, ай киналго шартIалги...

Къабуллъизе ккани

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ ахIулел руго Гьесда гьареян ва гьарараб къабул гьабизе бугилан. Амма бусурбанчиясул щибаб ишалъул руго шартIал, суннатал,...

Ахиралда рещтIраб аят

ХIираалъул нохъода халваталдаги чIун, Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев вукIана Авараг ﷺ. Заманалдасан нохъо гвангъун бачIуна ва ЖабрагӀил малаик вачIуна...

Нахъе къан чIоге

Лъица Аллагьасул диналъул рахъ кквезе ва гьеб цебе бачине кколеб? Гьеб суал буго цIакъ кIвар бугеб. ХIатта гIадатго нилъеца кколин абуниги. Как...

Жакъаго пайда босе

ТIадегIанав Аллагьас нилъее гIемерал сайгъатал кьун руго. Гьезие гIоло нилъеца БетIергьанасе реццги гьабун, рихьизарураб гьабураб куцалда гьел...

ГIалимзабазул советалъул резолюция

(Байбихьи цебесеб номералда)   ГIалимзабазул советалъ эбел-инсуе лъикIаблъун бихьизабулеб буго:   Лъималазулгун гьоркьоблъи бугеб...

ХIакъикъат тIаса бищана

ГIабдуллагь ибн Салам вукIана Мадинаялъул бусурбабазда гьоркьов бищунго хIурматиязул цояв: гIалимчи ва Тавраталъул махщелчи. Гьесул хIакъалъулъ...

ГӀусманиязул империялда рамазан моцӀ

Ахирал соназда турказул тарихиял сериалазухъ ралагьулел ракьцоязул къадар тIадеялдаса-тIаде цIикIкIунеб буго. ГIемерисез бицуна Эртугрулил,...

РекIел тIиналдаса...

Аллагь ﷻ рехсей, Гьесие ﷻ тасбихI-тагьлил гьаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб гIамал. Гьеб, гIицIго мацIалъ рехсей гуребги, буго тIадегIанаб...

МугIазие гьабураб насихIат

Аварагас ﷺ Йеменалде ритIана Абу Муса ал-АшгIарий ва МугIаз бину Жабал. Гьезие гьадинал малъа-хъваялги гьаруна:   «Нужеца гьезие...

Къуръаналъул къец ва районалъулаб ифтIар

Рамазан моцIалъул ахирисел къоязда ГӀахьвахъ районалъул КIудиябросулъ тӀобитӀана Къуръан цӀалиялъул къец ва ифтIар.   Къецги тIобитIун букIана...

Тарихалъул багьадур

КӀудиял имамзабазул цояв, гӀалимзабазул сайид, шафигӀияб мазгьабалъул къази, машгьурав тарихчи ва таржамачи ибну Халликан гьавуна 1211 соналъ...

Лъималазе динияб тарбия

Лъималазе тарбия кьеялъулъ эбел-инсул, гӀагарлъиялъул ва цогидалги гӀадамазул асар букӀуна. Гьелъулъ щаклъи гьечӀо. Амма социалиял ва физиологиял...

Нужее баяналъе

  Зубайр бин ГIаввамил чан сон букIараб ислам босидал? – 16 сон. ТIоцеве къазилъун щив вукIарав? – ГIумар бин ХатIаб. Алжаналъул мацI...

Ихдалил хIурмат

Гьале тIаде щвана тIогьолаб ихдалил заман. ГIемерисеб халкъалъе бищунго бокьулеб мехги ккола гьеб. Иснанасул къаркъалагун сверухъ бугебщинаб...

Аварагасул ﷺ кванай

Абу Давудица бицана ГӀаишатида гьикъанин Аварагас ﷺ пер кванаялъул хӀакъалъулъ. Гьелъ жаваб кьун буго: «Нилъер Аварагас ﷺ ахирисеб кванараб квен...

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIудиявго гIолев гьечIо       Дир вас кIудиявго гIолев гьечIо. Университет лъугIизабуниги маркаби ракIарулев вукIуна. Гьесул гьалмагълъи хIалтIул...

Суал-жаваб

Чанго жаназа бугони, жаназаялъул как кин балеб?   Чанго хварав чи вугони, щивасдаса батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъикӀаб буго, амма...

ХIикматал махлукъатал

Медуза   Медузаялда абизе бегьула хIакъикъа-талдаги хIикматаб рухIчIаголъийилан. ГIалимзабаз чIезабун буго гьез гIумру гьабулеб букIанин 600...

ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе...

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...