Аслияб гьумералде

Тарихалъул багьадур

Тарихалъул багьадур

КӀудиял имамзабазул цояв, гӀалимзабазул сайид, шафигӀияб мазгьабалъул къази, машгьурав тарихчи ва таржамачи ибну Халликан гьавуна 1211 соналъ (гьижрияб 680 сон) ГӀиракъалъул Эрбил шагьаралда.

 

Ибну Халликан ГӀиракъалда гьавуниги, гьесул тӀолабго гӀумру ана Мисриялда ва Шамалда.

Гьесул хIакъикъияб цӀар ккола Шамсудин Абул ГӀабас АхӀмад ибну МухӀаммад ибну Ибрагьим ибну Абу Бакр ибну Халликан Ирбили, ШафигӀи. Ибну Халликан абуни гьесул тӀокӀцӀар ккола, амма хIакъикъияб цӀар АхӀмад букӀана. Гьесул рижи ккола персазул (цогидал баяназда рекъон, курдазул) хъизамалдаса, наслуги бармакидаздехун уна.

Ибну Халликан бергьарав имам, гьунар бугев хъвадарухъан, ритӀухъав къази ва машгьурав тарихчилъун вукIана. Гьев гӀемераб заманалъ вукIана Дамаскалъул ва тӀолабго Шамалъул бетӀерав къазилъунги.

Ибну Халликаница кӀудияб лъалкI тана фикъгьиялъул ва гӀараб нахIвиялъул гIелмабазулъ. Гьесие машгьурлъи щвана «Вафаят ал-Аян ва анбау абнаи аз-Заман» абураб асар хъван хадуб. Гьеб гьес хъвана 18 соналда жаниб. Ибну Халликан шафигӀияб фикъгьиялъул гӀалимлъун вукӀаниги ва къазилъун хIалтIаниги, гьесул цӀар рагIана гьеб тӀехь сабаблъун.

«Вафаят ал-Аян ва Анбау абнаи аз-Заман» тӀехьалда руго хӀакимзабазул ва гӀалимзабазул таржамабиги. Гьединлъидал, ингилисазул гӀалимзабазцин гьеб рикӀкӀана тарих баян гьабулеб хIалтIилъун.

Ибну Халликаница абулаан жинца гьеб тӀехь хъванин машгьурал бусурбабазул хӀакъалъулъ кӀвар бугел баянал тӀагӀиналдаса цӀунизелъунилан абун.

«Вафаят ал-Аян ва Анбау абнаи аз-Заман» абураб тӀехьалда жаниб буго гӀага-шагарго 850 чиясул тарих, гьезда гьоркьор руго руччабиги. ТIехьалъул бетIергьанас хъвачIо халипзабазулги ва Аварагасулги ﷺ хIакъалъулъ, гьезул тарих мухIканго лъалеб букӀиналъ.

Ибну Халликан цӀалана доб заманалъул чанго цӀалул идарабазда. Цо заманалда гьев гочуна Египеталде ва гьенив бищун кIудияв къазиясул кумекчилъун хIалтIула.

Цинги Мисриялдаса Шамалде гочуна ва султӀан Захир Байбарсица гьев Шамалъул бищун кIудияв къазилъун тола. Амма Байбарсица гьев гьеб хъулухъалдаса нахъеги гьавула анцӀго соналдаса.

Гьелдаса хадуб ибну Халликан кӀиабилеб нухалъ Мисриялде гочуна ва анкьго соналъ гьенив чIола. Цинги анкьго соналдаса цIидасан тӀадвуссана Шамалде ва нахъеги Шамалъул бищун кIудияв къадилъун тӀамула.

Ибну Халликан гьавуна машгьураб факъигьазул хъизамалда. Гьеб хъизамалъул чагIи пачалихъалъул батӀи-батӀиял диниял хъулухъазда рукӀана. Гьелъул кумекалдалъун гьесие щвана лъикӀаб тарбия ва лъикӀав факъигьлъун вахъана.

Гьесда лъалаан щвалде щун гӀараб мацӀ, тарих, лексикология ва цогидалги гIелмаби. Гьединго рекӀехъе лъалаанин абула кучIдузул 17 тIехь.

Ибну Халликан хвана Дамаскалда, 1282 (гьижрияб 681) соналъ, 73 сонил ригьалде вахиндал.

 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...