Аслияб гьумералде

МугIазие гьабураб насихIат

МугIазие гьабураб насихIат

Аварагас Йеменалде ритIана Абу Муса ал-АшгIарий ва МугIаз бину Жабал. Гьезие гьадинал малъа-хъваялги гьаруна:

 

«Нужеца гьезие бигьалъи гьабе, захIмалъи гьабуге, гьел гIагар гьаре, тIуризаруге, нуж кIиялгоги цоцазде адаб-хъатиралда рукIа ва цоцазда гьоркьоб хилиплъи ккеялдаса цIуне. Нужеца гьезул ракIал роххизаре ва хIеренго, берцинго ахIе Аллагьасе мутIигIлъиялде

Я, МугIаз, духъе рачIина китабалъул агьлу (насраниял). Дуца гьел ахIе шагьадат битIиялде, гьел дуе мутIигIлъани, дуца гьезда бице Аллагьас киназдаго сордо-къоялда жаниб тIад гьабун бугин щуго нухалъ как базе, гьелъиеги гьел мутIигIлъани дуца гьезда бице Аллагьас гьезул боцIиялда закагIат тIад гьабун букIин, гьезул бечедазухъаги босун гьезулго пакъиразе кьезе. Мун цIуне цоясе дуца зулмуги гьабун гьес дуе квешаб дугIа гьабиялдаса, гьесул дугIаялдаги Аллагьасдаги гьоркьоб пардав гьечIо», - абун.

Щай МугIаз гIодарав Аварагас ﷺ Йеменалде нуха регIулелъул?

Авараг ﷺ къватIиве вахъана Маккаялъул рагIалде, гьев нуха регIун, малъа-хъваял гьарулаго. МугIаз рекIун, Авараг ﷺ лъелго вукIана. Гьениб Аварагас ﷺ абуна:

«Я, МугIаз, дида ракIалде ккола гьалдаса хадуб нилъ чIаго дандчIваларин ва мун дир мажгиталдеги хабадеги зияраталъ вачIине ватилин», - абун.

Гьеб мехалда МугIаз гIодана.

ХIакъикъаталда гьедин ккезеги ккана. Аварагас ﷺ дунял тана МугIаз Йеменалда вукIаго.

 

 

АрслангIали ГIумаров

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...