Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Медуза

 

Медузаялда абизе бегьула хIакъикъа-талдаги хIикматаб рухIчIаголъийилан. ГIалимзабаз чIезабун буго гьез гIумру гьабулеб букIанин 600 миллион соналъ

цебе ва чанго нухалда дунял хваниги гьел чIаго хутIанин абун.

 

Гьезда гьечIо ракI, гьуърал, гIадалнах, ракьа. Амма лъала чан гьабизе.

Медуза ччугIалъунги рикIкIунаро. Гьелъул къаркъала релълъараб буго гъоркьехун буссинабураб гъадароялда яги цIумуралда. Гьеб гIуцIун букIуна 95-98 процент лъедаса, хутIараб бутIа ккола мезоглея абураб желатиналъулаб жал.

Цо-цо баяназда рекъон, гьезул тайпабазул къадар 4000-ялдасаги цIикIкIараб буго. Амма абула гьел жеги гIемер рукIине рес бугин, щай абуни, киназулго хIисаб гьабун бажаруларин гIалимзабазухъа.

Нервабазул гIуцIи: гьезул гьечIо хас гьабун бихьизабураб гIадалнах. Гьезул букIуна диффузияб нервабазул гIуцIи, жиб сабаблъун лъелъ канлъи ва махI халлъулеб.

Квен биин: гьезул буго кIал, гIемерисеб мехалъ жиб щупальцабаз сверун ккураб. Гьелъ бачуна квен биинабиялде, гьединго, гьенисанго къватIибе гьабула квандаса лъугьарабги (нилъее гъиз-кIващ гIадаб).

Багъа-бачари: медуза хьвадула реактивияб къагIидаялъ. Гьеб хIал лъугьинабизе чорхол ччорбаз тIасияб рахъ къвакIизабула, цинги лъимги къватIибе кьабизабун, лъугьинабула туркIи. Амма гьезда кIоларо къуватал карачелазда данде лъедезе.

Медузаби ккола гIезегIан заралиял рухIчIаголъаби. Гьезул аслияб ярагълъун ккола шупальцабазда ругел гIисинал расал гIадал клеткаби. Щибаб клеткаялъуб бахчун букIуна загьруялъул цIураб спирал гIадин лъугьараб капсула. Цинги, гьезда кинаб бугониги чIагояб жо хъатIараб мехалда, капсула кьвагьула ва гьеб загьруяб рас аскIобе бачIаралъул чорхолъ къан речIчIун уна. Гьелдалъун лъугьуна паралич.

Медузаялъул гIумру лъугьинги буго кIиго батIияб. ТIоцебесеб, жинсияб хурхен гьабун. КIиабилеб, цин чIахIиял медузабаз лъелъе биччала хьон, цинги яйцеклетка. Хадуб гьеб кIиябго данделъун лъугьуна планула (эркенго лъелъ лъедолеб рас гIадаб жо) абураб личинка. Планула лъел тIиндеги ун хурхуна ганчIида ва дагь-дагьккун гIезе байбихьула бетIер гъоркьехун буссун бугеб медузаялда релълъараб, гьитIинабго рухIчIаголъи гIадин.

Гьезда кIола сордо-къоялда жаниб 45 азаргоялде щвезегIан личинка лъезе.

Бищунго кIудияб медуза ккола арктикаялъулаб. Бищун загьруяблъун рикIуна «Морская оса» абураб. ЦохIо гьелъулъ букIунеб буго 60 чи хвезавизе гIураб загьру.

Бищун гIажаибаб буго «Бессмертная медуза» абураб. Гьеб рикIкIуна киданиги холареблъун. Гьеб буго гьитIинаб, 4-5 мм. бугеб, хIинкъи, унти яги херлъи лъугьараб мехалъ, гьеб лъел тIинде уна, цинги цIидасан сверула гIумруялъул цикл жиндаса лъугьунеб гIуцIиялде ва байбихьула цIияб рижи лъугьине.

ГIемерисел тайпабазда кIола канлъи гьабизеги. Канлъиги гьабула батIи-батIиял мурадазе гIоло, масала, цогидаб аскIобе цIазе, хIинкъизаризе яги цогидал медузабазулгун бухьен кквезе.

Медузабаз аслияб къагӀидаялъ кваналеб жо ккола лъелъ бугеб гIисинаб рухIчIаголъи, ччугӀил икра. ЧӀахӀиял тайпабазда кӀола гьитӀинаб ччугӀа, хӀатта цогидал медузабицин кваназе.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...