Аслияб гьумералде

ХIакъикъат тIаса бищана

ХIакъикъат тIаса бищана

ГIабдуллагь ибн Салам вукIана Мадинаялъул бусурбабазда гьоркьов бищунго хIурматиязул цояв: гIалимчи ва Тавраталъул махщелчи. Гьесул хIакъалъулъ абулаан: «Гьев вуго нилъер бищун лъикIав, бищун лъикIазул вас, бищун лъай бугев», - ян.

 

 

МухIаммад авараг ﷺ Мадинаялде щведал, гьесухъе рачIине байбихьана гIадамал. Гьезда гьоркьов вукIана ГIабдуллагь ибн Саламги. Авараг ﷺ вихьидал гьесда бичIчIана гьев ﷺ гьересихъан гуревлъи. Гьес кIвар буссинабуна Аварагасул ﷺ гьумер гьерсихъанасул гьурмада релълъараб гьечIолъиялде. ТIоцере рагIарал рагIабазги гьесие кIудияб асар гьабуна: халкъ кваназабизе, салам тIибитIизабизе, хъизамалъул бухьенал цIунизе, къаси как базе ахIи. Гьеб букIана къуваталде яги хайиралде гуреб, лъикIлъиялде ва ракIбацIцIалъиялде ахIи.

Амма лъай бугев чи вукIиналъ ГIабдуллагьие бокьана тIубанго ракIчIун вукIине. Гьес Аварагасе ﷺ кьуна чанго суал, гьес абухъе, хIакъикъияв аварагасда гурони жал лъаларел. Аварагас ﷺ гьезие жавабал кьуна, гьеб гIелму жиндие Жибрилас кьун букIинги лъазабун. Жавабал рагIидал, ГIабдуллагь ибн Саламица гьебсагIатго ислам къабул гьабуна.

Амма гьесда лъикI лъалаан жиндирго халкъ ва гьес Аварагасда ﷺ лъазабун букIана, ислам боси лъайдал гьез жив инжит гьавизе вугин. Гьединлъидал гьес гIакълу кьуна цин жиндир хIакъалъулъ гьезул пикру цIехезе. Жал ахIидал, гьез абуна: «Гьев вуго бищун лъикIав, бищун адаб-хIурмат бугев, бищун гIелму-лъай бугев», - ян. Цинги Аварагас ﷺ гьикъана: «Ислам къабул гьабуни щибдай букIина?» - ян. Гьез абуна гьеб рес гьечIеб жо бугин абун. Гьеб лахIзаталъ къватIиве вахъун ГIабдуллагь ибн Саламица лъазабуна жинца нугIлъи гьабулеб бугин Аллагь гурев цоги Аллагь гьечIин ва МухIаммадги ﷺ Гьесул расул вугилан.

ГьебсагIатго гьезул бербалагьи хисана: гьанжего-гьанже гьесие рецц гьабурал чагIаз «нилъеда гьоркьоса бищунго квешав вуго гьевин» абизе лъугьана. Цинги гьес абуна: «Гьелдаса хIинкъун вукIана дун», - ян. Гьеб лъугьа-бахъиналъ якъинго бихьизабуна хIакъикъат лъалеб бугониги гIадамаз жидеего данде кколареб жо нахъчIвазе бегьулеб куц.

ГIабдуллагь ибн Саламил къисаялъ нилъеда малъулеб буго хIакъикъат, гIакълуялъ гуребги, ракIалъги батIа бахъулеблъи. Гьелдаго цадахъ хIакъикъат тIаса бищизе ккани бахIарчилъиги къваригIунеблъи.

 

Жабир Мажидов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...