Аслияб гьумералде

Рагъде унел васазул хитIаб

Рагъде унел васазул хитIаб

Рагъде унел васазул хитIаб
Нилъер ВатIаналде 
ТIаде къо ккедал,
КъватIире рахъарал
ГIолохъаби ниж.
ГIагараб ракьалда 
Эркенлъи цIунун,
ЦIадул кор боркьараб 
Рагъде арал ниж.
Улкаялда рекъел 
БукIине бокьун,
Бухьараб сапарин 
Дур васалаца.
Хъизан-лъималазе,
Эбел-инсуе,
Росдал агьлуялъе,
Гьабуна къо-лъикI.
Къадар БетIергьанас
Нижер щивасе,
Батила хIадурун
НекIого хъвараб.
Хъвараб хIукмуялда
Разиял руго.
РорчIизе гьелдаса
ГьечIо цоги нух.
Хирияв, БетIергьан,
Гьарула Дуда,
Халкъалъ рогьо балеб,
Биччаге тIаде.
ТIадегIанав, Аллагь,
Гьаре Дуца ниж,
Дагъистан чIухIарал
БахIарзазда гъорлъ.
Рагъул майданалда
Гьалмагълъиги тун,
Гьениса лъутулел
Ратугеги ниж.
РекIелъ хIинкъи бачIун,
Рахчун чIолезул,
Чорокаб гIамалги
Гьабизе тоге.
Тушман гIагарлъидал
Квералги рорхун,
Кверде жал унезул
Кьеразулъ хъваге.
ГIагараб Дагъистан!
Дур васал ругин,
ДугIадулъ рехсезе,
Воре, кIочонге!
КIудияб къварилъи
ТIаде бачIиндал,
Бусурбанчиясул
Ярагъ бугин гьеб.
БетIергьанас дугIа
Къабул гьабеги.
Къабулаб гIужалде
Данде гьеб ккайги.
Ниж рагъде унилан,
Къварид рукIунге.
РекIелъе пашманлъи
Лъугьине тоге.
РукIана некIоги
Рагъал гIемерал.
РитIана улбуца
Васал гьенире.
Гьанже ирга буго
Нижеде бачIун,
РегIизе нухда ниж,
Нух битIагиян.
Бичас рагъда хвезе
Къадар батани,
Бахъугеги иман
РухI бахъулелъул.
Берал къанщулелъул
Къадирас нижей,
Шагьадат битIизе
ТIинкIайги рекIелъ.
Рокъоре руссине
Къисмат батани,
БахIарзал гIадинан
РачIина нахъе.
Биччаларо лъезе
ЛъикIаб гьечIеб тIанкI,
ГьитIинаб Дагъистан
Дур гьеб цIаралда.
ЦIунила борхатго
ВатIаналъул цIар,
ТIабигIаталъ кьвари
Кьурал васалаз.
Кьварарал умумуз
Ирсалъе тараб,
Теларо бортизе
Дур къадру-къимат.
Къо-мех лъикI, Дагъистан,
Унел руго ниж.
Аллагьасде буго
Гьанже аманат.
Жакъа арал гIадин,
Чи камичIого,
БачIаги нилъеде
ДандчIвалеб къоги.

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...