Аслияб гьумералде

Бахиллъиялъул зарал

Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги, дунялалда рагIи билълъинги, халкъалда тIад хIакимлъиги ва дунялалъул бечелъиялъул хважаинлъун гьавула гьев Жиндир цIоб тIадегIанав Аллагьас.

 

Гьелдаса хадуб амруги гьабула загIипасда гурхIайин, гьечIесе садакъа кьейин ва цогидалги тIадкъаял тIуразареян. Гьелъул мисал ккола жиндихъе цо щиб бугониги жо хIалтIизабизеги кьун, гьеб цогидасухъеги кьеян тарасул гIадаб. Масала, цоясухъе кьолеб буго кинаб бугониги тIагIел. КъваригIел тIубайдал цогидасухъеги кьейин тIадкъалеб буго гьесда. Амма гьеб кодобе щварас инкар гьабулеб буго, гьеб жиндир гурони букIине бегьуларин чIолев вуго. Халкъалъ гьединав чиясда гIабдалин гурони кинха абилеб? 

Гьебго мисал буго, Аллагьас жиндие боцIиги кьун, цогидалги гьелъулъ гIахьал гьарейин тIадкъарав чияс инкар кквеялда. Халкъалда жаниб гьелда цIарги бахиллъи ва къарумлъи буго. Бичасул Аварагас ﷺ дугIа гьабулаго абуна: «Я Аллагь, дица цIуни гьарулеб буго бахиллъиялдаса ва кIвахIалдаса», - ян. Гьеб буго живго Аварагас ﷺ Аллагьасдаса цIуни гьарараб гIамал. Гьедин гьариялдасаго бичIчIулеб буго гьеб цIакъ нахъегIанаб, ничаб хьвади букIин. Цебеги бицараб гIадин, жинхъе хIалтIизабизе кьураб жо цогидасухъе кьеларин чIеялдаса нахъегIанаб иш кинаб букIине рес бугеб?

Цоги хIадисалда буго: «Нужеца цIуни гьабе бахиллъиялдаса. Гьелъ гьалаг гьаруна нужеда цере рукIарал умматал. Гьелъго рачана биял тIеялде ва цоцазул махIрамиял хIалал гьариялде», - ян. Гьанже дагьабго бичIчIанаха нилъеда щай гьелдаса хирияв Аварагас ﷺ цIуни гьарарабали.

Цоги хIадисалда буго: «Бахилав чи алжаналде лъугьунаро», - ян. Цогиялда буго: «Аллагьасул лагъасул рекIелъ данделъуларо иманги бахиллъиги», - ян.

ТIабаранияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагьас Алжаналде хитIаб гьабуна кIалъайин абидал, гьелъ абуна: «Муъминзабазул кверщел батана. Цинги ТIадегIанав Аллагьас абуна: «Дир тIадегIанлъиялхIаги Дун гьедулев вуго Дуда жанир Диргун мадугьаллъиялда бахилав чи вукIине гьечIо», - ян.

Аллагьас нилъ киналго цIунаги гьеб квешаб гIамалалдаса. Амин!

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...