Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Иргадулаб номералъе гьабуна «Щиб гьабиялдалъун нужее хIалхьи, черхалъе рахIат щолеб?» - абураб суалалда хурхун цIех-рех. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

  • Заман щведал какиеги чурун паризаяб как байдал.
  • ЗахIматаб суал буго. Дида ккола гIадамаздаса гIицIго чIун гIумрудул пикру гьабиялдалъун щолин дие рахIат. Жеги хъизанагьлугун цадахъ ракIарун ругеб мехалъги щола рахIат.
  • Рокъоб рацIалъи гьабиялдалъун.
  • Как бараб мехалда щола хIалхьи.
  • РахIат гьабизе бегьулел жал гIемер руго, масала, хъизанлъималгун цадахъ гIалхуде ун цIияб гьаваялда хьухьбахъи гьаби, гьудул-гьалмагъзабигун хаба-чIабаралда вукIин, эбел-инсухъе щун ракI чучи, хIамамалде ун заман тIами ва цогидалги черхалъе ва пикруялъе рахIатал щолел ишал гьари. Гьел киназдаго гьоркьоб бищун черх чучулеб жо ккола щивго чи гьечIеб бакIалда ракI Аллагьасдаги хурхинабун тIарикъаталъул вирдал гьари.
  • ХIалхьи гIемерлъун балагь гурони гьечIо.
  • Кьижун кутакаб рахIат щола.
  • Рокъоса-гIебеде хIалтIи-пиша гьабидал.
  • ГIедегIичIого, гIодове виччан как бараб мехалъ батIияб хIалхьи щола черхалъе.
  • Заманалда бараб какалъулги, заманалда сверарал чIумазулги.
  • БацIцIадаб гьава-бакъ бугеб бакIалда вилълъанхъиялдалъун ботIрое хIалхьи щола.
  • ГIезегIан мехалъ кьижизе щведал.
  • ГIурул рагIалда гIодор чIеялдалъун.
  • Вирдал гьариялдалъун.
  • ХIухьбахъи, гьеб буго ракIалъе парахалъи. ХIалтIи яги гIарац букIа-букIунге, гьелда хурхараб жо хIухьбахъиялъул щибго гьечIо.
  • Радал вахъиндал цере чIезарурал масъалаби къоялъ тIуразарун бажаридал.
  • Черхалъе хIалхьи щолеб жо буго чвахун унеб лъеда аскIоб лъалхъиги гьабун цо-кIиго къоялъ диналъул вацалгун гIодов чIей гьабидал.
  • ЛъикIал диналъул вацалгун цадахъ вугеб мехалда щола хIалхьи.
  • 15 соналъ цебе букIаралда дандеккун, гьаб ахираб заманалъул халгьабидал, хIалхьи гьабизе ккараб хIалго бугищали лъаларо. Кинабго бигьалъун буго, амма хIалтIи гьабизе бокьулел чагIи дагьлъун руго.
  • ХIалтIудаса рокъовеги щун хъизан-агьлугун гIодов чIедал кутакаб хIалхьи бачIуна.
  • МоцIрол байбихьуда харж кодобе щведал парахалъи бачIуна.
  • Гьаб дунял муъминчиясе туснахъ бугелъул, рахIат балагьизе дун лъугьунаро. Дие бокьула кидаго хIалтIулев вукIине.
  • Диналъул вацазда цадахъ хIухьбахъи гьабизе индал.
  • Инсуца дие плейстейшен абураб хIай босун буго, амма заман цIан гурони хIазе кьоларо. Гьеб хIаялдалъун кутакаб талихI щола.
  • Бищунго черхалъе рахIат щолеб жо буго Аллагь I рехсей, ЧIикIаса КIудиясул тIахьал цIали, муфтиясул «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб тIехь цIали. Гьел цIалиялдалъун кутакаб асар щола ва ракI рагьун бачIуна.

Хадусеб номералъе суал «МоцIрое щвараб мухьалъул гIемерисеб гIарац сунде хвезабулеб нужеца?»

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...