Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аварагасул ﷺ суннат цIуни

Аллагь ﷻ жидедаса разилъаял асхIабзабазги, гьезул нухдасан арал имамзабазги, вализабазги, гIалимзабазги кIудияб кIвар кьолаан хирияв Аварагасул ﷺ суннат цIуниялде. ГIумар-асхIабас ХIажарул асвадалда (чIегIераб гамачI) убач гьабулаго, абулаан: «Аллагьасул ﷻ Расулас дуда убач гьабулеб бихьун букIинчIебани, дицаги дуда убач гьабилароан», - илан.

 

Жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяв Къурратил МугIамиятица Аллагьасул ﷻ Расуласе ислам босизе къотIи гьабураб мехалъ Аварагасул ﷺ халгIаталъул букIдул ричун рукIанила, гьелда хадуб МугIавиятилги гьесул васасулги букIдул ричун гурони рихьичIила я риидал, я хасало. Аварагасул ﷺ ретIунеб ратIлил къагIидацин цIунизе хIаракат бахъулаан асхIабзабаз.

Аллагь ﷻ разилъаяв Мужагьидица бицана: «Аллагь ﷻ разилъаяв ГIумар-асхIабасул вас ГIабдуллагьгун ниж сапаралда рукIана, цинги цо рахъалде кьурана ГIабдуллагь. Гьесда цояс гьикъана дуца гьеб сундуе гIоло гьабурабилан. Гьес абуна: «Авараг ﷺ нухлул гьаб бакIалда кьурулев вихьана, гьелъ дицаги гьебго гьабуна», - ян.

Гьединго ГIабдуллагь Маккаялдаги Мадинаялдаги гьоркьоб бугеб нухда цо гъотIокьеги ун кьижулаанила, жинда гьенив Авараг ﷺ кьижулев вихьанинги абун.

Дунялалда суннат таниги бегьулиланги абун, суннат тарав чиясда Алжаналда бихьизабизе буго гьеб суннаталда хасаб даража ва гьесдаги абизе буго гьаб даража дуе кьечIониги бегьулилан.

Жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяв ГIабдулкъадир Жиланияс абуна: «Мун Аллагьасде ﷻ гIагарлъе, Аллагьасул ﷻ Расуласул кверги ккун», - илан.

Нужеда лъай, Аллагьасул ﷻ Расуласда ﷺ нахърилълъиналдасан ккола гьесул шаригIатги, тIарикъатги, хIакъикъатги, ай Къуръан-хIадис халкъалда бичIчIизабулел хIакъал имамзабаздаги, гIалимзабаздаги, вализабаздаги, шайихзабаздаги нахърилълъин. Гьеб нахърилълъиналъул хIакъалъулъ хирияб Къуръаналда аяталги ва Аварагасул ﷺ хIадисалги гIемер руго.

Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Мун Дидехун, ай Аллгьасдехун ﷻ руссаразул нухда нахъвилълъа», - ян. Гьединго Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеда лъалареб батани, нужеца гIелмуялъул агьлуялда гьикъе», - ян.

Гьединлъидал жал Къуръаналдаги хIадисаздаги гурони нахърилълъунариланги абун, имамзабаздаги, гIалимзабаздаги, вализабаздаги нахърилълъунарел, гьез хъварал тIахьазде инкарги гьабулел гIадамал тIоцере жалго ккола Къуръан-хIадисазда нахърилълъунарел чагIи. Щай абуни, имамзаби, гIалимзаби, вализаби ккола халкъалда Къуръан-хIадис бичIчIизабулел гIадамал, гьезда нахъвилълъунарев чиги ккола Къуръан-хIадисазда нахъвилълъунарев. Гьединав чи живгоги къосарав, жинца гIадамалги къосинарулевлъунги ккола. Аллагьас ﷻ цIунаги.

Суннатин абураб жоялдаса Аварагасул ﷺ гIаммаб нух абураб мурад буго, ай Хирияс ﷺ гьабейин абураб гьабун, теян абураб тун.

Нилъер хирияв Аварагас ﷺ абулеб буго: «Нуж Алжаналдеги гIагар гьарулеб, ЖужахIалдаса рикIкIадги гьабулеб, жиндалъун дица нужее амру гьабичIого тараб щибго жо гьечIо. Нуж Алжаналдаса рикIкIадги гьарулеб, ЖужахIалде гIагарги гьарулеб, дица нужее гьукъичIого тарабги цониги гIамал гьечIо», - ян.

 

МухтарахIмад МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...