Аслияб гьумералде

Аварагасул гIакълу ва тIабигIат

Аварагасул гIакълу ва тIабигIат

Аварагасул  гIакълу ва тIабигIат

Къази ГIиязица «Аш-Шифаъ» абураб тIехьалда хъвалеб буго Вагьбу ибну Мунабагь абурав чияс абунин: «Дица 71 тIехьалда цIалана ва щибалда батана авараг вукIанин гIакълуялъул ва пикруялъул рахъалъ бищун камилав», - абун. Цогидаб бакIалда буго: «Аварагасе кьураб гIакълуялда данде босун, дунял бижаралдаса Аллагьас цогиязе кьураб гIакълудул бутIа буго, ракьалда бугебщинаб салудаса босараб цо къатIра», - абун.

КъастIалани абурав имамас хъвалеб буго: «ГIакълугун цIодорлъи буго нусго бутIаялда. Гьелъул 99-яб аварагасулъ r буго, хутIараб цо бутIа гурони гьечIо муъминаб халкъалъулъ», - ан. Жеги хъвалеб буго, щив чи вугониги жинца пикру гьабурав кин аварагас дол гIарабазе тадбир гьабурабали, жалги доб заманалда рукIараб хIалалда бищун хъачIал гIадамаллъун, кин гьездехун гьес сиясат (политика) хIалтIизабураб ва гьезул хъачIлъи баччараб, гьезул заралалде сабру гьабураб жинда хадур гьел рилъинегIан, жинда сверухъ гьел ракIаризегIан, жидер лъималги, агьлуги, эбел-эменги тун жиндие гIоло гьел рагъизегIан, жидер напсаздасаги гьев тIаса вищизегIан, гьесул разилъиялъе гIоло (щибго жидеда хIал гьабиги гьечIого) жидер ватIанги рокьулелги тун гьесда цадахъ гьижра гьабизегIан, гьаб киналъулго пикру гьабун ургъарасе баянлъилин ва бичIчIилин авараг гIаламалъул бищун гIакълу бугев чи вукIин.

ТIабигIат кинаб букIараб? Бергьараб гIакълуялъул бетIергьанлъун авараг вугелъул, гьесул r тIабигIатги букIана бищун камилаб, сундего жинца щвей гьабураб. СагIду ибну Гьишамица бицараб хIадис рехсолеб буго имам Гъазалияс:

«Цо нухалъ дун ГIаишатихъе щведал, дица гьелда аварагасул тIабигIаталъул хIакъалъулъ цIехана. Жаваб гьабун гьелъ дида гьикъана: «Дуца Къуръанго цIалуларебищ?» - абун. ЦIалулин дица абидал, гьелъ абуна: «Аллагьасул расуласул тIабигIат букIана Къуръан», - ян

Аварагасда адаб малъарабги Къуръан букIана, ай гьениб Аллагьас гьабураб кинабго хитIабалда авараг тIоцеве живго нахъвилъана ва гьеб гIамаллъунги ккуна. Къуръаналда, лъикIалдалъун амру гьабе ва квешалдаса нахъчIвай абун гьабураб хитIабги тIоцебе гьес хIалтIизабуна.

«Дун витIун вуго гIадамазулъ лъикIал тIабигIатал камил гьаризе», - ян.

ТIоцере гьел гIамалал аварагасулъ жиндилъго камиллъана ва гьелъул нур нахъияб халкъалдеги тIабигIатлъун кунчIана. Хадуб, Аллагьас гьесие сипатги гьабуна:

«Унго-унгоги мун тIадегIанал тIабигIатазулъ вуго», - ян абун.

Ислам сунда хурхинабураб?

Гъазалияс хъвалеб буго: «ТIадегIанав Аллагьас динул ислам къачIана лъикIал тIабигIатаздалъун ва берцинал гIамалаздалъун», - ян. Ва хадуб рехсана гьезда гъорлъе унел цо-цоял. АскIор ругездехун берцинго рукIин, гьабулеб хIалтIи камилго гьаби, дандиясдехун тамахго вукIин, ккараб бакIалда лъикIалдалъун амру гьаби, хIажатасе квен кьей, диналъул вац данде ккедал саламалдалъун кIалъай, кинав ватаниги унтарав бусурбанчиясде ваккизе ин, хвел тIобитIи, бусурбанав яги капурав ватаниги мадугьалихъ вугесулгун берцинаб гьоркьоблъи гьаби, херазул хIурмат гьаби, гьоболлъухъ ахIани жаваб ва лъикIаб дугIа гьаби, зарал гьабурасдаса тIаса лъугьин, гIадамазда гьоркьоб маслихIат гьаби, сахаватлъи бихьизаби, ццин къулчIи, исламалъ гьукъарал лазат щолел хIарамал жалаздаса рикIкIалъи, рес бугебгIан мехалда рецIел босичIого тей, гъибат, бугьтан, мацI, рекIкI, макру, согIлъи, бахиллъи, чIухIи, зулму гьаби жибго тей, квешаб гьоркьоблъи ва гIагарлъи къотIизаби гIадал жал гьарунгутIи. (МагIаз ибну Жабал).

Гьадинал гIамалаздалъун малъана аварагас адаб муъминзабазда ва гьелги ахIана лъикIал тIабигIатаздегун берцинаб адаб кквеялде. Аллагьас насиб гьабеги щивасе гьесда r нахърилъин ва берцинаб тIабигIат.

Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...