Аслияб гьумералде

Ахиралде щвана

Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.

 

ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги лъазабуниги, гьеб рагIа-ракьанде бахъунаро. Щайгурелъул Аварагасулъ ﷺ буго гIемераб тIадегIанлъи ва лъикIал тIабигIатал. Гьедин бугин Живго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда баянги гьабуна: «ХIакълъунго, мун (Авараг) тIадегIанал тIабигIатазда вуго», - ян. Гьединлъидал, рачIа цо-цо хаслъаби лъазарилин гьесул хIакъалъулъ.

ГӀабдуллагь абураб цӀаралъул магӀна ккола «ТӀадегӀанав Аллагьасул лагъ» абураб. ТӀадегӀанаб даража буго Халикъасул лагълъун вукӀин. Гьеб букӀинчӀебани, Къуръаналъул гӀемерал бакӀазда ТӀадегӀанав Аллагьас гьедин абулароан. Къуръаналда абуна (магӀна): «Кинабго рецц Аллагьасе буго, Жиндирго лагъасухъе (МухӀаммад аварагасухъе) Къуръан рещтӀарав», - ян.

Авараг ﷺ Аллагьасул ﷻ лагъ гIадин хьвадана, хIатта гьев кваназе гIодов чIолаан лагъ хIисабалда. МухIаммад авараг ﷺ ккола киназухъего гIаммаб къагIидаялъ витIарав авараг. Гьев цере рукIарал аварагзабазул тIанчазда ва тIахьазда рехсон вукIана. Амма гьез МухIаммад аварагасул ﷺ цIар бахчана ва хисизабуна. ТIаба абураб рагIул магӀна ккола «лъикӀав». Гьедин гьесул сипат гьабулеб букӀана цересел аварагзабазул хириял тӀахьазда, гьесул загьирлъиялъ тӀолабго дунялалъе бечелъи кьолеб букӀиналъ, гӀадамазул ракӀал гвангъизарулел рукӀиналъ ва гьел лъикӀлъиялде ахIулел рукӀиналъ.

Гьесул хьвади хехаблъун бихьаниги, гьеб букӀана гIодобе биччараб. Гьесда хадур гъезелъун асхӀабзабаз хехлъи гьабизе кколаан. Аварагасе ﷺ бокьулароан гӀадамазда цеве вилълъине ва бокьулароан ханзабазе ва хӀакимзабазе гӀадин жинда хадур гӀадамал рилълъине. Гьесие бокьулаан гьезда цадахъ хьвадизе — бащадго яги гьезда гьоркьоб. Гьединлъидал асхӀабзаби киданиги гьесда нахъасан рилълъунароан; кваранаб рахъалдаги, квегӀаб рахъалдаги, хӀатта церехунцин чӀун рукӀунаан гьел. Гьес гьеб гьабуна Аллагьасда ﷻ цеве тавазугI гьабун ва шаргӀалъул адаб малъизелъун.

Имам Муслимица Анас ибн Маликидасан бицана Аварагасда ﷺ гӀемер гIетI балаанин, гьесул гьурмада ругел гIетIул тIираби жавгьарал гӀадин кунчIулел рукIанин, гьесул гIетIалъул махӀ берцинаб махӀалдасаги берцинаб букӀанин абун.

Гьеб хӀадисалъ баян гьабуна Аварагасул ﷺ черхалдаса лъикӀаб махӀ букӀараблъи, махӀ хӀалтӀизабичӀоницин. Гьедин букӀаниги Аварагас ﷺ батӀи-батӀиял махӀал хӀалтӀизаруна.

ГӀалимзабаз бицунаТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Авараг ﷺ вижанин гьуинаб каламгун. Гьес хехго жаваб кьолаан ахIи барав чиясе. Гьесул рагӀаби гъваридго гӀадамазул рекӀелъе рортулаан. Бицунеб калам бигьагьабун, щибаб рагIи батIатIун бицунаан.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...