Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

 

Бичасул аварагас абуна:

– Ва гьал гIадамал, нуж нечоларищ? Нужеца данде гьабулеб буго нужецаго кваналаребгIанаб жо. Нужеца балеб буго нужго жанир рукIунарел минаби.

– Ва гьал гIадамал, нужеца салам тIибитIизабе, тIагIамги кваназабе, гIагарлъиги хурхинабе ва гIадамал кьижун рукIаго какалги рай, нуж алжаналде лъугьина.

– Ва МугIаз, ян абуна аварагас ﷺ. Гьес жаваб гьабуна жив дуда цеве чIун вугин, я Бичасул авараг ﷺ, дур амруялъе хIадуравги вугин абун. Аварагас ﷺ нахъеги абуна: ва МугIаз, - ян. Гьес жаваб гьабуна, жив дуда цеве чIун вугин, я Бичасул авараг ﷺ, дур амруялъе хIадургойилан абун. Аварагас ﷺ жеги абуна ва МугIазилан абун. Гьес жаваб гьабуна, жив дуда цеве вугин, я Бичасул авараг ﷺ, дур амруялъе хIадуравги вугин абун. Цинги хириясﷺ абуна, ракI-ракIалъ жинца Аллагьги цо гьавурав, аварагги ﷺ ритIухъ гьавурав цониги лагъ гьечIин гьесул гьан жужахIалъул цIаялъе хIарам гьабун гурониян. МугIазица абуна: «Я, Бичасул авараг ﷺ, дица гьеб хабар гIадамазда бицине бегьулищ, гьел рохизе рукIине, - ян. Хирияс ﷺ жаваб гьабуна, гьедин гьабуни, гьелде мугъчIвайги гьабун тохго чIелаха», - ян.

Гьаб хIадис МугIазица бицана хвалда цебе гIелму бахчаравлъун хвеялдаса хIинкъун.

Гьалеха, рагIалде рахъана калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби рехсон. Гьезул 313 хIадисалъул рехсей гьаб бакIалда тIубана. Балагьеха, диналъул агьлу, Бичасул аварагасул ﷺ гьал рагIабазул гъварилъиялъухъ, гьез кьолел гIемерал магIнабазухъ. Гьезул цо-цо хIадисалда тIад гIелмияб баяналъул тIубараб тIехьцин гIуцIизе бегьула. Бичасул аварагасул ﷺ кинабго калам гьединаб, халатаб гуреб, щибго къваригIунареб жо гъорлъ гьечIеб, гIемераб магIнаги жиннца кьолеблъун букIана. Гьелъие нугIлъи гьабула техника цебетIураб гьаб заманалда батIи-батIиял махщалил гIалимзабаз гьарурал гIелмиял цIех-рехазул хIасилалда лъарал хIужаби аварагасул ﷺ хIадисазда жанир 1400 соналъ церего ратиялъги.

«Васаилул вусул» абураб тIехьалда хъвалеб буго, аварагасул ﷺ калам букIанин цонигияс рикIкIани гьесда бажарулебгIанаб, гьедигIанги дагьабилан абун. Жеги абулеб буго, хирияв авараг ﷺ вукIанин жиндир вуцIцIунчIей халатавлъун, хIажат бугелъе гурони кIалъаларевлъуниланги. Цоги, Бичасул аварагас ﷺ жиндир мацI цIунулаанила жиндие кIвар бугелдаса хутIун. Жинда Аллагь разилъаяй ГIаишатидасан бицана, гьанже гIадамал гIадин авараг ﷺ кIалъалароанин абун. Гьев кIалъалаанила баянаб каламалъ, аскIов гIодов чIарасда ракIалда чIоледухъ.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...