Аслияб гьумералде

Дин цIигьабулел имамзаби

Дин цIигьабулел имамзаби

ГIалимзаби ккола аварагасул ﷺ ирсилал. Щайин абуни гьез аварагасдасан ﷺ бачIараб гIелму гIадамазда бичIчIизабула ва накълуги гьабула. Гьедин цоцазухъе кьун цIунула ва жакъа нилъехъеги щвана. Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Кидаго гIасруялъул ахиралда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ умматалъе витIула дин цIигьабулев чи», - ян (Байгьакъи, ХIаким).

 

Гьелъул магIна ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIадамазухъе витIулин гIалимчи, жинца суннатги бидгIаги баян гьабулев. Гьединав гIалимчиясул пайда бусурбабазе щола, цинги гьесдалъун лъугIула гIасруялъул ахирги. Гьединал гIалимзаби, имамзаби гIемер рукIинеги бегьула.

ХIадисалда борцун гIалимзабаз абуна, тIоцебесеб гIасруялъул ахиралда дин цIигьабурав чи ГIумар ибн ГIабдулгIазиз вукIанин абун. КIиабилеб гIасруялда - имам ШафигI, лъабабилелда – гIакъидаялъул гIалим имам Абул ХIасан АшгIари, хIадисалъул гIелмуялда - Насаи, ибну Сурайж - фикъгьиялъул гIелмуялда. Гьезда гьоркьоса бищун тIадегIан вуго имам Абул ХIасан АшгIари. Щайгурелъул, гIакъидалъул гIелму бищун хирияблъун ккола Аллагьасул сипатазда хурхараб букIиналъ.

Ункъабилеб гIасруялъул ахиралда - Исфирайин, Сулуки, Бакъилани ва ИсхIакъу Ширази. Щуабилеб гIасруялъул дин цIигьабурав имамлъун ккола имам Гъазали. Анлъабилеб гIасруялъул имамзаби - Фахруддин Рази ва ХIафиз Абул Гъани. Анкьабилеб гIасруялъул - имам ибну Дакъикъ ГIид. Микьабилеб гIасруялъул ахиралда дин цIигьабурав имамлъун ккола Булкъини ва ХIафиз Зайнуддин ГIиракъи. ИчIабилеб гIасруялъул ккола имам СуютIи. АнцIабилеб гIасруялъул имам - Шамсуддин Рамли.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...