Аслияб гьумералде

10-абилеб къо

10-абилеб къо

МухIаррам моцIалъул анцIабилеб къо ккола ГIашура. ГIашара абураб рагIиялдаса жибги бачIараб. Гьелъул магIнаги - анцIабилеб абураб буго. Бусурбабазе мухIаррам ккола хIурмат тIадегIанаб моцI. Гьеб мухIаррамалъулъги бищун хирияб ккола ГIашура къо.

Имам Нававияс бицана: «МухIаррам ккола тавбуялъул, гIибадат гьабиялъул моцI. Гьединлъидал, воре, гIадада биччаге мунагьал чуриялъул ва гIибадат гьабун кири гIемер щвеялъул заман», - ян. («Заваиду Равза») Гьеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ зоб-ракь, ГIарш-Курс, малаикзаби рижана. Гьеб къоялъ ракьалда тIоцевесев чи, ай Адам аварагги вижана. Цере арал аварагзабазул кIвар бугел лъугьа-бахъиналги гьеб къоялъ ккана. Абула Къиямасеб къоги ГIашура къоялъ щвезе бугин. Гьеб хирияб къоялъ лъикIаб буго садакъа бикьизе, лъимал ва гIагарал рохизаризе, Къуръан цIализе ва цогидалги хайратал гьаризе. Абу Къатадат Ал-Ансарияс бицана ГIашура къоялъул жинда цIехедал аварагас ﷺ абунин: «Гьеб къоялъ кIал кквеялъ араб соналъул мунагьал чурула», - ян. (Муслим) Абу СагIид Ал-Худрияс бицана аварагас ﷺ абунин: «ГIарафа къоялъ кIал ккурасул араб ва бачIунеб соналъул мунагьал чурула, ГIашура къоялъ кIал ккурасул цо соналъул мунагьал чурула» - ян. (ТIабарани) ГIашура къоялъул хиралъиялъул ва хIикмалъиялъул ибну ГIабасидасан бицана: «Мадинаялде аварагас ﷺ гьижра гьабидал, гьесда ﷺ халлъана гьенир ругел ягьудияз мухIаррам моцIалъул анцIабилеб къоялъ, ай ГIашура къоялъ кIалал кколел. Гьеб къо кIодо гьабиялъул цIехедал, гьез бицана баракатаб къо букIин ва гьеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас Муса авараг ва гьесул къавм фиргIавнидаса хвасар гьабиялъулги баян гьабуна. Аллагьасе ﷻ щукру гьабун гьеб къоялъ Муса аварагас кIал кколаан. Гьеб рагIидал аварагас ﷺ абуна: «Дун цIикIкIун мустахIикъав вуго Муса авараг кIодо гьавизе», - ян. Гьеб къоялдаса нахъе аварагас ﷺ ГIашура къоялъ кIал кквезе байбихьана ва жиндирго умматалъеги лъикIаблъун бихьизабуна гьеб къоялъ кIал кквей». Лъазе кколеб жо буго, ГIашура къоялда цадахъ цебесеб ялъуни хадусеб къоялъги кIал кквейилан аварагас ﷺ абураблъи. Гьебги, ягьудиязул гIибадаталда, бусурбабазул гIибадат релълъун букIинаредухъ.

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...