Аслияб гьумералде

Шамил районалъул «ДугIабазул сордо»

Шамил районалъул «ДугIабазул сордо»

Шамил районалъул «ДугIабазул сордо»

ЦерегIанго къоязда МахIач-хъалаялда, Зайнуллагь Шарифиясул цIаралда бугеб мажгиталда тIобитIана Шамил районалъул жамагIатазул «ДугIабазул сордо» абураб цIаралда гъоркь мажлис.

 

Районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIизудин ГьитIиножоевас гIахьаллъаразе саламги кьун, Къуръаналдаса аяталги цIалун, рагьана мажлис. Цинги гьез бицана киназго гьаб заманалда абулила захIматаб бугин абун. Амма жинца абилила гьаб захIматаб бугин гIакълу гьечIев чиясеян.

- Щайин абуни, гIакълу бугев чиясе гIола, жакъа гьаб кинабго нухда бачунев исламияв цевехъанлъун кколев муфтиясда нахъвилълъани. Гьеб буго нилъее бигьаяб ва мекъи кколареб нух. Амма щайха абулеб захIматаб заман бугилан? Жиндирго напсалда данде гьабулеб рагъ, ай кIудияб жигьад гьабизе, напс къезабизе бажарунгутIиялъ, чIухIи эхеде бахун, дагьал ратаниги жиндилъ ругел цIаларал жалги хIисабалде росун, жив гIалимчийинги ккун, микрофонги кодобе щун. Гьелъ гьабун буго захIмалъи, - ян бицана ГI. ГьитIиножоевас.

КIалъазе вахъарав МахIачхъала шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдуллагь Ахаловас гьабуна гьудул-гьалмагълъиялда хурхараб вагIза.

 

 

 

 

 

 

- ГIолилал хехлъулел руго аскIове ккарасда гьудулин абизе. Гьудул-гьалмагъ тIаса вищилалде чияс халгьабизелъун гIалимзабаз бихьизабун буго щуго пункт.

ТIоцебесеб, гIакълу бугев тIаса вищи. Тохав чиясулгун гьалмагълъи гьабиялъулъ лъикIлъи букIунаро.

КIиабилеб, берцинаб тIабигIаталъул вукIин.

Лъабабилеб, мунагьал гьарулесулгун гьабунгутIи. Щайин абуни, мунагьал гьарулев чи вуго Аллагьасукьа ﷻ хIинкъуларев чи. Гьесукьа ﷻ хIинкъуларев, къо ккараб мехалъ, дуе зарал гьабиялдасаги нахъе къаларо.

Ункъабилеб, дунял тIалаб гьабиялде хъантIарасулгун гьабунгутIи. Щайин абуни, дунялалде хъантIи буго дагь-дагьккун чияс жинцаго живго чIвалеб загьру.

Щуабилеб, ритIухъав, гьереси бицунарев, мацI гьабуларев вукIин. Гьединазулгун гьудуллъи гьаби буго миражалъул мисалалда бугеб. Гьединаз аскIоб бугеб рикIкIадаблъун, рикIкIад бугеб аскIоб бугеблъун бихьизабун, гуккула.

ГIалим Идрис Асадулаевас бицана питнаялда гъорлъе лъугьине бегьунгутIиялъул, ахир гьелъул кколеб заралалъул хIакъалъулъ ва мисал бачун рехсана ГIусман-асхIаб чIваялъе гьабураб вакъигIат.

 

 

 

 

 

 

ГIасаб росдал имам Ибрагьим ИсмагIиловас гьарана Аллагьас гьаб мажлис гьабегийин нилъехъа церехун гьарун арал гIисинал, чIахIиял мунагьалги, мекъи ккеяздасаги Аллагьас ﷻ тIаса лъугьин гьабун толеблъун. Цинги бицана тасаввуфалъул хIакъалъулъ. Аллагьас гьабейин абураб гьаби, тейин абураб тей - гьеле гьеб жоялда шаригIаталъ абулила такъвайин абун.

- Гьеб жо чиясулъ лъугьунаро ихIсан-тасаввуф хIалтIизабулеб гьечIони. Гьеб дагь-дагьккун нилъеда гъорлъа бацIцIиналъ буго киса-кибего биха-хочиги питнаги лъугьунеб. АлхIамдулиллагь, гьабулеб ишалъулъ нилъеца такъваги кквезе, тасаввуф-гIелмуги нилъеда малъулев, Аварагасул ﷺ бацIцIадаб наслуялъул ирсилав, устар, имам, муфти нилъер вуго. ХIасан-устарас хъван буго:

 

ХIакъикъияб иманцин батулареб

ракIазулъ,

Напсун амараталъул амразал

тIагIинчIого.

Гьелъий гIолойин дуе устар

кквезе тIалъулеб,

Гьес гьабураб гIилажалъ

сахлъун ине дурго ракI, - ин.

Тасаввуфалъул нухги буго Аллагьасда ﷻ цеве чиясда жив унго-унгояв Гьесул лагълъун вихьиялде вачунеб нух, - ян бицана И. ИсмагIиловас.

«Ас-салам» казияталъул Москваялда вугев вакил КъахIиса МухIаммадрасулица бицана казият тIибитIизабулелъул дандчIвалел лъугьа-бахъиназул, гьелъул гIадамазе бугеб пайдаялъул ва киналго ахIана цIияб соналде подписка гьабиялде.

МугIрузул районазда муфтияталъул вакиллъун вугев МахIмуд-афанди Думалаевасги гьарана БетIергьанас ﷻ гьаб данделъи гьабегийин дунялалъул рахъ-рахъазда ругел питнаби, рагъ-кьалал лъугIиялъе, Палестинаялда ругел бусурбабаздаса зулму тIаса босиялъе, нилъер мунагьал чуриялъе сабаблъунилан абун.

 

 

 

 

 

 

- Церехун кIалъазе рахъаразги бицана тIарикъаталъул, бугониги цоги жо рехсела гьелъул хIакъалъулъ. «Уммул баян» абун гIажамалъ хъвараб ЧIохъа ГIабдуллагь-хIажиясул тIехьалда хъван буго тасаввуф-гIелмуйин жинда абулеб тIарикъаталъул нух бугин, гьеб кквезе щивав чиясда тIадабги бугин абун. Тасаввуфалъул магIнаги буго шаригIаталъул адабалда рекъон гIадамал хьвади. ТIарикъатги буго гIайну шаригIат (шаригIаталдаса бахъун ккечIеб цого жо). Аварагасул ﷺ хIадисалда буго Аллагь ﷻ нужер суратазде валагьуларин, Гьев валагьулин нужер рекIел ниятазде. Гьелъин нилъеда тIадаб бугеб ракI къачIай, гъибат-бугьтан, гIужбу-хIасад гIадал унтабазе дару гьабизе. Гьеб даруги ккола тIарикъат, - ян бицана М. Думалаевас.

Мажлисалда цIалана мавлидал, гьаруна дугIаби.

 

ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...