Аслияб гьумералде

ЦIунараллъун гьечIо

ЦIунараллъун гьечIо

ЦIунараллъун гьечIо

Жидеца шаргIиял тIадкъаял тIуразе кколел чаг1азда чара гьечIого лъазе ккола тIадаблъун кколеблъи нилъерго мацI хIарамаб, карагьатаб ва пайда гьечIеб каламалдаса цIуни.

 

Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Аллагьасдаги къиямасеб къоялдаги иман лъолев чияс лъикIаб рагIи абе яги вуцIцIун чIа», - абураб. Гьединго хирияв аварагас ﷺ бицаралдасан буго: «Щибаб къоялъ рогьарабго, киналго лугбуз x1елун мацIалда гьарулила: «Нижее гIоло мун Аллагьасукьа хIинкъа, нижер иш кинабго дуда бараб буго. Мун битIун чIанани, киналго ритIун чIола, мун мекълъани - нижги мекълъула». Нилъ гьел мунагьаздаса цIунарал чагIи гьечIо. Нилъелъ рессун руго гьел квешал пишаби, гьелъие даруги буго щибаб къоялъ тавбу гьаби, цоцаздаса тIаса лъугьин, диналъул вацалги яцалги гIадин рукIин. Мунагьаздаса тавбу гьабунгутIи - гьебги мунагьалде тIаде мунагь буго. СагIид-афандияс хъвараздасан ккола: тавбу къабул гьабулев БетIeргьанги вукIаго, бегьилищ гьудулзаби, гьедигIанго тохлъизе. Мунагьал чуризе дарулъун кьураб, Дида тавбу гIадаб нигIмат батичIо.

Аллагь ﷻ  лъалезул цояс абуралдасан буго: «Бусурбанчи Аллагьасукьа хIинкъизе ккола ва гьелдаго цадахъ ТIадегIанасул рахIмуялде хьулалдаги вукIине ккола». РахIман абураб цIар нилъер БетIергьанасдаги букIаго, кинха нилъеца тавбу нахъе бахъун толеб? Чанго чияс абулебцин рагIана: «Щиб мунагьила жинца гьабулеб, чиги чIвачIила, бикъичIила, хъамичIила». Кинха нилъеда бичIчIулареб, мунагьаздаса рацIцIадал чагIи гIицIго аварагзаби гурони рукIунареллъи? Мунагь мунагьлъун бихьунгутIиги гIураб гъалатI гьечIищ нилъер? Гьелдасаги кIудияб гъалатI гьеб мунагьалдаса тавбу гьабунгутIиги гьечIищ? Нилъерго щибаб къоялъ гьарулел рикIкIен гIемерал мунагьал мунагьаллъун рихьизеги, гьездаса гьоркьоса къотIичIого ракI-ракIалъ тавбу гьабизеги тавпикъ кьеги нилъее, хириял бусурбаби.

 

ХIусен СагIадулаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...