Аслияб гьумералде

Аллагьасде ﷻ рачунеб

Аллагьасде ﷻ рачунеб

Аллагьасде ﷻ рачунеб

Нилъер щивасул гIумруялда жаниб букIуна дунял биххун унеб бугин кколеб, захIмалъаби хIехьезе кIолареллъун лъугьунеб заман. Гьединал лахIзатазда нилъеца квербакъи балагьула.  Бусурбабазе гьединаб къуваталъул ва илгьамалъул иццлъун ккола Аллагьасул ﷻ ва Гьесул Расуласул ﷺ калам.

 

ГIемерисезе нух бихьизе нурлъун лъугьараб бищунго кIудияб хIадисазул цояб ккола ГIабдуллагь ибн ГIабасидасан бачIараб хIадис. Гьаб хIадисалъ нилъеда малъулеб буго кин гIумру гьабизе кколебали, кин захIмалъаби къезаризе кколелали ва рекIелъ парахалъи кин батилебали.

Цо нухалъ МухIаммад аварагас ﷺ гIолохъанав ГIабдуллагь ибн ГIабасида абун буго: «ГIолохъанчи, дица дуда малъизе руго цо-цо рагIаби: Аллагь ракIалде щвезаве, Гьес ﷻ мун цIунила ва Гьев ﷻ дуда цеве ватила. Гьарулелъубги Аллагьасда ﷻ гьаре. Нужеца кумек балагьулеб батани, Аллагьасде ﷻ русса. Лъай, киналго гIадамал цолъун дуе пайда гьабизе рачIани, гьез дуе Аллагьас ﷻ бихьизабуралда рекъон гурони пайда кьоларо. Дуе зарал гьабизе гьел данделъани, гьез дуе Аллагьас ﷻ бихьизабуралда рекъон гурони зарал гьабиларо. Къалам цебего борхун буго, тIанчалги ракъван руго» (Тирмизи).

Аварагасул ﷺ гьал рагIаби руго гIицIго тIадкъаял гурел, тIубараб гIумруялъего хIажаталлъун. Таваккал бугезда Аллагь ﷻ кидаго аскIов вукIуна ва Гьес ﷻ цIунула. Нилъеда Аллагь ﷻ ракIалде щведал, Гьев лъугьуна нилъер Валилъун. Нилъ гьесухъе дугIа гьабун руссараб мехалъ, Гьес ﷻ жаваб кьола бищун хIажатаб мехалъ. ТIолабго дунял нилъеда данде бугин кколеб бугониги, нилъеда лъазе ккола Аллагьасул ﷻ амру гьечIого щибниги жо букIунареблъи.

Гьеб хIадисалъ малъулеб буго къисматалда божизе. Нилъер гIумруялда жаниб лъугьунебщинаб жо цебеккунго Аллагьас ﷻ хъван букIуна. Ккезе хъвараб жо ккезе буго, букIине кколареб киданиги ккезе гьечIо. Гьеб лъаялъ нилъее ракIазе кьола парахалъи, ургъалабаздаса ва хIинкъабаздаса нилъ рорчIизарула. Кверщаликь гьечIеб жоялъул ургъел гьабиги тун, Аллагьасда ﷻ  божизе байбихьула.

Гьединго Аварагас ﷺ нилъеда малъулеб буго сабру гьабизе ва хьул лъезе. «ХIакъикъаталдаги, сабругун цадахъ кумек бачIуна, пашманлъиялда хадуб рохел бачIуна, захIмалъабазда хадуб бигьалъи бачIуна». Гьел рагIабаз ракIалде щвезабулеб буго захIмалъаби заманаялъ рукIунеллъи, хадуб ракIчIун бигьалъи бачIине букIин. Сабру кколаро гIицIго балагьун чIей, гьеб ккола жигараб къагIидаялъ Аллагьасда ﷻ нилъее лъикIабщинаб лъалеб букIиналда божилъи гьаби.

Гьаб хIадисалъги нилъеда малъулеб буго ракIбацIцIалъи. Аллагьасда ﷻ гьарулеб мехалъ дугIаялъе жаваб гьабиялда ракIчIун гьаризе ккола. Жаваб кватIаниги, Аллагьасда ﷻ рагIуларин абураб жо кколаро. Нилъее лъикIлъи Аллагьасда ﷻ лъала, нилъедаго гьеб бичIчIичIониги.

Ургъалабаз ва мухIканлъи гьечIолъиялъ сверун ккун бугеб жакъасеб дунялалда гьеб хIадис унго-унгояб хвасарлъилъун чIола. РакIалде щвезабулеб буго нилъер къуват иманалда букIин, нилъер квербакъи Аллагьасдалъун ﷻ букIин, нилъер рахIатги Гьесул ﷻ каламалдалъун букIин. Квешлъаби тун Гьесдехун ﷻ руссараб мехалъ, Гьес ﷻ нилъер гьариялъе жаваб кьола. Сабру гьабураб мехалъги Гьес ﷻ нилъее бигьа гьабула.

Жеги гьеб хIадис гIицIго насихIат гуреб, гIумруялде нух бихьизабулеблъунги буго. Аллагьасулгун ﷻ гьоркьоблъи кин гIуцIизе кколеб, захIмалъаби раччизе ва рекIелъ парахалъи кин батизе кколебали. Гьеб хIадисалда гIамал гьабуни, Аллагьасул ﷻ изнуялдалъун, нилъер гIумруги магIнаялъулаблъун, парахатаблъун ва рахIму-цIобалъул цIураблъун лъугьина.

Аллагьас кумек гьабеги нилъее гьаб кIудияб насихIаталда нахърилълъине.  Аллагь ﷻ рехсолел, Гьесда ﷻ мугъчIвайги гьабулел ва Гьесул ﷻ разилъиги щолел чагIаздасан нилъги гьаре. Амин.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...