Аслияб гьумералде

Гьадин кидаго букIинадайха

Гьадин кидаго букIинадайха

Умумузул гьаб абиялда жаниб буго гъваридаб магIнаги исламияб гIелмудул кIудияб бутIаги. Цо рагIи рекъеялъе гьел рагIаби хIалтIизариялъ гьелъул магIнаялъул пикруго гьабуларо нилъеца. РачIаха гьабилин гьел рагIабазул хIисаб. Дица яхI бахъула ригьалъ кIудиял чагIигун дандчIвайдал цебе букIараб заманалъул гьезда бицинабизе.

 

Гьедин хабар бицунаго гIемерисезулин бадиб магIу ххулула цебе заманалда хIехьезе ккараб къисматалъул балъголъи рагьулаго. Гьез аслияб кIварбуссинабула сундулъго гьанже бугеб гIатIилъиялде, хасго квана-гьекъолеб жоялъулъ. БогIоллъи кваназе щвечIого чанги сордо-къо анин бицуна гьез. Гьеб ракъуца черх загIип гьабун дунял таралги кканин гIезегIанилан тIадеги жубала.

Цо къоялъ МахIачхъалаялда дида ватана рощнол къалабахъ женжедилев кIудияб ригьалъул чи. Дида гьев лъалаан лъикIаб ресалда живгоги жиндирго лъималги ругев чи вукIин. Гьесул рагъариялъ дилъ бижизабуна рощнода сверун гьев квалквадиялъул хIакъикъат лъазе гъира. Дун тIаде щолаго гьев данде вачIана кодоб гьитIинабго, амма цIураб таргьагун. Гьеб бихьарав дун жеги гIажаиблъулев вукIана, унго гьав рищни хъирщулевдай вугевилан. Салам кьун хадуб дица щиб-кинали гьикъилалдего, дир суал бичIчIараб гIадин гьес абуна, гьале гьадин бакIарулилаха  богIоллъи гьаниса. Щибго гьечIеб чедги цогидаб кванил нигIматги къватIибе балеб буго гьаб заманалда. Рокъобеги бакIарун хъутаналде унеб машинаялда боцIуе кьезе битIулаха гIага-божаразе. Цинги цIакъ ракI бекун абуна гьес, цо нижер заман бихьун букIарабани гьанже ругел гIадамазда гьез чадил кесек гIодобе бортизе тезе букIинчIин. Гьадин кидаго букIинадайха гьабиланги абун, угьун биччана кIудияв чияс.

Балагьеха, диналъул агьлу, Аллагьас нилъее гьарзаго кьунин абун нилъеца инжит гьабизе бегьилищ нигIмат. ТукенчагIаз бицуна цебесеб къоялъ нахъе хутIараб, хIатта радал бачIараб чед къасиялде босуларила гIадамаз тамахаб гьечIинги абун. Гьеб жо нигIматалъе капурлъи кколародай?

Къуръаналда баянаб къагIидаялда абулеб буго: «…Нужеца кванай ва гьекъе, амма исрап гьабуге, Гьесие исрап гьабулел, тIасан ккарал гIадамал рокьуларо» (сура «ал-агIраф», аят 31).

Цогидаб аяталда буго: «НигIматазе нужеца щукру гьабуни дица гьеб цIикIкIинабила», - ян. Гьелъул гIаксияб магIна ккола шукру гьабичIони дагь гьабилин абурабги. Нилъер щивасулин абухъего рокъор ругел руччабаз кванилъги кутакалда исрап гьабулеб буго. Щибго ккечIеб кванил нигIмат нахъе рехулеб буго. Гьединго гIемер рукIунел руго бихьиналги цо ригьалъ гьабураб квен цогидаб ригьалъ квинарин чIарал гIечIого хъизаназе кIудияб рагIи гьабулел. Гьебги кутакалда мекъи буго. Гьелде тIадеги кIудияб хIинкъи буго балагьал рачIун БетIергьанас гьеб нигIмат нахъе босиялда. Аллагьас къуват кьеги нилъее нигIматазе щукру гьабизе!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


БацIадаб ниятгун

Муса аварагасул заманалда гIумру гьабун вукIана цо динияв чи. Гьес Аллагьасе гIибадат гьабулаан, рукъалъул тIохда гIемерал какал ралаан. Цо къоялъ гьесухъеги рачIун цояз бицана гъотIое гIадамаз сужда гьабулеб ахил хIакъалъулъ. Гьебги рагIун, гIащтIиги босун, гъветI къотIизе къасдгун къватIиве...


Цоги аманат

Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби....


Муфтияталъе баркала кьуна

Хасавюрт районалъул бетIерасул ишал тIуралев Багьавудин Мамаевгун дандчIвана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев, муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, рехсараб районалъулгун шагьаралъул волонтеразул централъул нухмалъулев Адам Нажмудинов. Гьез бицана тIабигIияб...