Аслияб гьумералде

Хвалил пикру

Хвалил пикру

Хвалил пикру

Хвел тIаде щоларев инсан гьечIониги, гьеб рагIизе бокьуларо ва хвезе вукIин къанагIат гурони ракIалдеги щоларо. Амма ракIчIун хвезе вукIин лъалев чияс квешлъаби гьаруларо. ГIали ибн Абу ТIалибица абуна: «Хвел гIемер рехсолев чи дунялалъул дагьаб жоялда разилъун чIола», - ян.

 

ГIали-асхIабасго абун буго, хвел кIочон тей кколин ракIалда кьагIу чIвайлъун.

Нилъее вагIза-насихIатлъун гIеларищ хварав чи вихьи. Хварав чи вихьи кколарищ сас тун чIарав вагIзачи.

ГIусман ибну ЯхIяца абуна: «ШайтIан чIоларо хвел рехсолев чиясул рекIелъ. Амма ракI гъапуллъидал, гьеб тушман гъафлаталъул нуцIихъан дур рекIелъе лъугьуна», - ян.

Ибрагьим Таямияс абуна кIиго жо бугин дунялалъул лазат жинца къотIизабулеблъун: хвел рехсей ва Аллагьасда ﷻ цевечIун вукIин лъай (Аллагьасда вихьулев вукIиналда ракIчIей).

Давуд авараг гIодулаан хвел ва къиямасеб къо рехседал, амма Аллагьасул ﷻ рахIмат рехседал лъавудеги вачIунаан.

Суфяну Саврияс абун буго, метер чIаго хутIилин ракIалде ккарав чияс хвалие хIадурлъи гьабичIин.

ХIатамул Асамица абун буго, жиндир рокъоса жаназа къватIибе арав чияс пикру гьабичIони гьелъул хIакъалъулъ, гIелмуялъ ва вагIзаялъ гьесие пайда гьабизе гьечIин.

Гьесго абун буго, ункъо чиясда гурони ункъо жоялъул къимат бичIчIуларин. Херал чагIазда гурони лъаларин гIолохъанлъиялъул къимат. Балагьалъул агьлуялда гурони лъаларин цIуниялъул къимат. Унтарасда гурони лъаларин сахлъиялъул къимат. ЧIаголъиялъул къимат лъаларин хваразда гурониян.

Сах-саламатго нилъ ругебгIан мехалда нилъеца щукру гьабизе ккола ва гьедин гьабурав вуго пайда босарав, ай талихIав чи.

Цо гIакъилас абурабила: «ГIакъилав чиясда лъабго жо кIочон тезе бегьуларо: дунял лъугIулеблъи, хвел ва хвалидаса ворчIунгутIи», - ян.

ГIали-асхIабас абун буго, жив нужеда хIинкъулин кIиго пишаялъе гIоло: цояб - гьаваялда нахърилълъин ва кIиабилеб - халатал анищал гьари.

ТIоцебеселъ хIакъаб жоялдаса нахъе къазарула, кIиабилелъ дунял бокьизабула.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...