Аслияб гьумералде

Херлъунилан пил холаро

Херлъунилан пил холаро

Херлъунилан пил холаро

Кутакалда гIажаибаб хIайван буго пил. Дагъистаналда гьеб букIунарелъул, телевизоралдасан бихьичIев чиги къанагIатги ватиларо. Хирияв авараг ﷺ гьавизе кIиго моцI хутIидал, пилалда хурхун ккараб цо лъугьа-бахъинги рехселин.

Цебеги тIолабго дунялалдасаго гIадамал рачIунаан КагIбаялде зиярат гьабизе. Йеменалъул ханлъун вукIарав Абрагьатие гьеб иш рекIее гIолеб букIинчIо. Византиялъул императоргун цолъун, гIадамал хьвадизе гьес килиса бана. Амма гIадамал КагIбаялде унел рукIана. Абрагьатил ццин бахъана ва гьесие бокьана КагIба биххизабизе. КIудияб богун къватIиве вахъана гьев ва бода цебе-цебе букIана МахIмуд абун цIар бугеб пилги. КагIбаялде аскIоре щолаго, Абрагьамица буюрухъ кьуна цере айилан. Амма пил, ракьалда бегаралъуса, тIадецин бахъинчIо. Гьеб заманалда, Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялдалъун, лъаб-лъаб чIимихги кIалдиб ккун Абабил абурал хIанчIи рачIана. Абрагьатил тIубараб бо, гьел хIанчIаз чIинхалги речIчIун, гьалаг гьабуна. Гьеб соналда цIарги лъуна «пилалъул сон» абун.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ Къуръаналдаги рехсон буго (магIна): «Дуда лъаларищ, МухIаммад, пилалги рачун КагIба биххизабизе рачIарал гIадамазе дур БетIергьан Аллагьас ﷻ щиб гIазаб гьабурабали? Гьезул макру Аллагьас ﷻ хвезабичIищ? Гьезде тIаде Аллагьас ﷻ хIанчIазул боял ритIана. Щибаб хIинчIалъ гьезда речIчIана жужахIалъул ракь бухIун лъугьарал чIинхал. Аллагьас ﷻ гьел гIадамалги гьаруна хIайваназ жиб кванараб ва гьезул хIатIаз мерхьун хвезабураб тIамах-хералда релълъун», - илан. (Суратул «Фил», аят 1-5)

Пил ккола гIакъилаб хIайван. Гьез гIумру гьабула Африкаялда, Индиялда. Африкаялда ругел пилал къаркъалаялъул рахъалъ, Индиялда ругездаса, чIахIиял рукIуна. Пилалъул тIом цIакъ биццатаб буго ва гьелда тIад расги букIунаро. Амма гьабураб тIинчIалда ризаб рас букIуна. Гьелъул бищун гIажаибаб жо ккола тIасияб кIветI ва мегIер данделъун лъугьараб сунтIур. Гьебги гIуцIун буго 40 азарго ччобориялдаса ва цониги ракьаги гьелда гьечIо. СунтIур хIалтIизабула квен балагьизелъунги, ккаралъуб ярагълъунги. Лъим гьекъезе насослъунги чIола пилалъе сунтIур. ЧIахIиял пилаз сунтIуралъул кумекалдалъун щуго литр лъел цIцIула кIалдибе ялъуни черхалде щвала. СунтIуралда кутакаб хIалги букIуна. Цо тонна бугеб чIалоги борхун, гIезегIан халатаб манзилалъги баччула пилаз. Индиялъулаб пилалъул сунтIуралъул тIогьиб букIуна килищ гIадаб гунц, африкалъулазда гьеб кIиго букIуна. Гьелдалъун пилалда кIола испичкаялъул гIучIцин эхеде борхизе.

Пил берцин гьабулеб ва жибго цIунулеб жолъун ккола кIутIбузда гъоркьа къватIире кIанцIарал цIакъ чIахIиял гажал. Пилалъул гажал тIолабго гIумруялъ рижулелго рижулеги рукIуна. Гажаз ракь бухъула, гъотIол макъар батIа гьабула, рохти бегизабула. Гажаздаго цадахъ пилалда букIуна жеги ункъо гIусги. ХъачIаб, ракь-хIургун цадахъ гIурччинлъи кваналеб пилалъул гIусал хола 8-10 соналдасан. КIалдиб бугеб ункъабго гIус хведал, гьел хисун цIиял рижула. Гьедин анлъго нухалъ цIилъула пилазул гIусал.

Пил херлъун холаро. Ахирисел, ай анлъабизеги рижарал гIусал хведал, пилалда кIоларо квен чIамизе. Гьеб сабаблъун квен бихIинабизе захIмалъула. Цинги заманалдасан, 60 сон гIанасеб мехги бан, хола пил.

Пилалда кIоларо эхеде кIанцIизе. Къойида жаниб гьелъие къваригIуна 100 литр лъел. ГIалхудаса лъим лъугIидал, гажазул кумекалдалъун гьез гъуял рухъула. ЧIахIияздаса байбихьун, тартибалда гьекъола лъимги. Пилалъ жиндирго тIинчI хьихьула 10-15 соналъ. Гьединго цIуял пилаз хьихьула гIисинал вац-яцалги. Пилазда киданиги кIочонаро жидеего гьабураб квешлъи. Чанго сон индалги бецIизе нахъе къаларо гьел. Гьединго, лъикIал бетIергьабиги кIочонаро.

Жабир Мажидов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


«ЦIидасан пикру гьабе…»


Цоги аманат

Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби....


Аварагасул ﷺ асараздасан

Авараг ﷺ мисал босулев чи вукIиналъ, асхIабзабаз Аварагас ﷺ хIалтIизарулел рукIарал алаталцин рехсана. Ибну Асирица баян гьабуна стакан гьоркьохъеб кӀодолъиялъул букӀанин, я гьитӀинаб, я кӀудияб гуреб. Аварагасе ﷺ бокьулаан алатазда хасал цӀарал лъезе, стаканалда цӀарги лъуна «Раян» абун. Гьесул...


«Инсаналъ» кумек гьабулеб буго

Дагъистаналда ккараб тIабигIияб балагьалъул хIасилалда «Инсан» фондалъ гьабулеб кумек буго цIакъго кIвар бугеб. Гьанжеялдего гьез кумек хIажатазе бикьана 20 тонна къайи-цIаялъул ва кванил нигIматазул. Гьединаб кумекин абуни щвана 3000 хъизамалъе. Гьединго «Инсан» фондалъ, къварилъи ккаразе кумек...


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...