Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Квокка

Квокка ккола унго-унголъунги гIажаибаб ва цIакъ хIикматаб хIайван. Гьелда абула «Ракьалда бищун талихIаб хIайваниланги».

Гьаб ккола кенгуруялъул хъизамалдаса гьитIинабго хIайван. Гьелъул кIодолъи-гьитIинлъи буго гIага-шагарго рукъалъул катил гIадаб. Черхалъул халалъи: 40-54 см, рачI: 24-31 см. ЦIайи: 2,7-4,5 кг.

Гьезул букIуна щулияб лага, къокъал, гургинал гIундул, тIулакьераб, цIахIилаб рас. Гьезул аслияб хIикмалъиги буго, гьурмада букIунеб кидагосеб гьими. РачI буго рас тIад гьечIеб, цIвакараб, амма кенгуруялъул гIадин гьезул рачI гьечIо къуватаб.

ГIумру гьабула хер кванан, кьалбал хъусун. Аслияб куцалда къватIиреги рахъуна къаси заманалда. ГIумру гьабула къокъабиккун, 150 гIанасеб рикIкIен букIуна цадахъ, амма жидерго ракь цIунуларо.

ТIинчI бахъула гIага-шагарго 27 къоялда жаниб. ТIинчIги гьабула цо ва бащдаб лъагIелгIанасеб мехалъ гьеб букIуна эбелалъул сумкаялда жаниб гIумру гьабун. ЦIуялъулъ буго цоги хIикмат – эмбрионалъул цебетIей нахъбахъизе кIолеб («диапуза») хасаб бажари.

Гьел руго тIагIиналда хIинкъи бугел рухIчIаголъаби, гьединлъидал росун руго БагIараб тIехьалде. ГIумру гьабула 10-14 соналъ.

ГIемераб заманалда кIола лъим гьечIого чIезеги. Квен гIолареб хIал лъугьиндал, рачIалда бугеб нахх чIола нахърателалъул бакIалда.

 

Даман

Квокка машгьураб батани жиндир даимаб гьимиялдалъун ва ракълилаб сипат-сураталдалъун, даман абураб рухIчIаголъи буго кидаго ццин бахъун, къваридго ва гьоркьоса къотIичIого цо жоялдаса рази гьечIеблъун бихьулеб сураталъулаб рижин. Гьелъ абула даманалда «Квоккаялъул ццидалав вац», - абунги.

Чорхол сипат сурат цIайи гьезулги гIемерго батIалъи гьечIеб буго квоккаялдаса.

Гьел машгьурал руго жидер гIажаибал гьоркьосанго бахъун бачIунеб ахIи-хIуралъул сасаздалъун.

Гьезул буго щуго батIияб тайпа: Капский даман. Гьеб буго ганчIазда, кьурабазда, саваннабазда гIумру гьабулеб. Западный даман. Гьеб дандчIвала субтропикиял яги тропикиял рохьахъ, саваннабазда ва магърибалъулгун Централияб Африкаялъул ганчIал ругел бакIазда. Древесный даман. Гьеб батIа бахъула цIахIилаб кьералдалъун, халатаб ва тIеренаб расалдалъун. Восточный древесный даман ва Даман Брюса.

Гьурмада рукIуна халатал, чIегIерал михъал. Гьелги руго хер-чIвахI кваналел жал, цо-цо мехалда хIутI-хъумурги кванала. Аслияб рукIа-рахъин гьабула къад заманалъ, къокъабиккун. Квач хIехьезе захIмалъулеб букIиналъ, къаси-къаси цоцалъ гъункун регула.

ТIинчI бахъула 6,5-7,5 моцIидасан. Цадахъго гьабула 1-3 тIинчI. ГIумру гьабула 10-11 соналъ.

Гьезул хIатIал руго къокъал, къуватал, малъал гьечIел, амма гъоркьахIатIал руго кьуру-къедалда рекIун чIезе кIолел присоскаби гIадал, гъутIбузде рахине санагIатал.

Берал руго бакъалде халатккун ралагьизе кIолел. ХIажат тIубайги гьабула кинацаго цо бакIалде. Цоцазулгун бухьен гьабизе хIалтIизарула 20 гIанасеб батIаяб гьаракь.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...