Аслияб гьумералде

ЛъикIав цевехъан ватана…

ЛъикIав цевехъан ватана…

ЛъикIав цевехъан ватана…

ТIадегIанав Аллагьасул хIукмуялдалъун исана паризаяб хIеж борхизе ине изну щвана диеги (алхIамдулиллагь). Документал кьолаго гьарана Унсоколоса ХIусен-хIажияс нухмалъи гьабулеб къокъаялде хъваян. Дида гьев лъалаан нижер росдае гIемерал соназ дибирлъи гьабурав гIалим вукIиндал. Гьесул гьунар буго кинабго нухда бачине, малъа-хъваял  гьаризе, тIаде босараб иш ракIбацIцIадго, гIицIго Аллагьасе гIоло тIубазе.

 

ХIусен-хIажиясул хIеренаб каламалъ, камилаб кIалъаялъ, вагIза-насихIат гьабизе бугеб гьунаралъ нижер къокъа гуребги киналго сверухъ ругелги асир гьарулел рукIана. Жиндирго свакалде балагьичIого, гьес адаб-хъатир, тIалаб гьабулеб букIана къокъаялъул киналго хIажизабазул. Щибаб жо мухIкан гьабун, щвалде щун, бицун бичIчIизабулеб ва малъулеб букIана. ЦохIо нижер къокъаялъе гуребги, тIолабго рейсалъул ункъабго группаялъе гьабулеб букIана гьес кумек. ХIежалъул тIуразе кколел паризаял ва суннатал киналниги тIадал жал живго цеве вилълъун малъулеб букIана. КIудияб махщалида бачана гьес жинда тIадкъараб хIалтIи.

Чанго батIияб районалдаса, росабалъа батIи-батIияб гIелалъул чIахIиял, гIисинал, бихьинал, руччаби - киналго цо хъизан гIадин гъункизаруна гьес. Цониги къоялъ цоцазул ракIхвараб, квеш бихьилеб рагIи лъицаго абичIого, гьелъул гIаксалда, цоцазе кумек гьабун, тIалаб-агъаз гьабун кидаго аскIор рукIарал гIадин ракIал журан букIана кIикъоялда лъабгониги чи вугеб хIажизабазул къокъа. Гьеб киналъего квербакъи гьабуна нижер нухмалъулев ХIусен-хIажияс.

Узухъда, кIвараб кумек гьесие гьабизе хIадур рукIана киналго нижгун рукIарал бихьинал-хIажизабиги.

ТIолабго къокъаялъул рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала кьезе бокьун буго ХIусен-хIажиясе, гьесдаго цадахъ рейсалъулго къокъабазе нухмалъи, кумек гьабурал Шамилие, Набие, МухIамадгIарифие.

Аллагьас диналъе къуват кьеги, хъизан-рукъалда баракат лъеги, пагьму-гьунар цIикIкIаги, хадусел соназги хIажизаби нухда рачине, гьезие хIалай чIезе хIалги, къуватги Аллагьас ﷻ кьеги.

 

Гулишат Ибрагьимова, Хьаргаби росу

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...