Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» вакилзабазе баркала

«Ас-саламалъул» вакилзабазе баркала

«Ас-саламалъул» вакилзабазе баркала

ХIурматиял «Ас-салам» казият цIалулел, бусурбаби, магIарулал. Нилъеда лъала ватIан-рукъги тун гIемерисел гIадамал уна лъикIаб магIишаталда хадур, бигьаяб ва рахIатаб гIумру балагьун.

Гьаб бакIалда рехсезе бокьун буго гьедин рукъ-ватIанги тун, «Ас-салам» казият тIибитIизабизе, бусурбабазухъе хIакъаб рагIи щвезабиялъул мурадалда Россиялъул бакI-бакIазде арал гIолохъабазул хIакъалъулъ.

ХIакъикъаталдаги лъикIаланго квачарал регионазда гIаздакьги цIорокьги хьвадун гьел гIолохъабаз Россиялъул халкъалъухъе щвезабулеб буго хIакъаб рагIи жаниб бугеб «Ас-салам». Нужеда кколеб батила гьеб цохIо бусурбабаз гурони цIалуларин абун. Узухъда, гьеб пикру битIараб гьечIолъи баянлъула гьал гIолохъабазул хабаралъухъ гIинтIамидал. Жеги исламалде рачIинчIел гIадамаз кутакалда къиматалда цIалулеб бугин нилъер казиятин бицана гьез. Гьал къоязда гьел тIадруссана Дагъистаналде. Гьанирги гьел унел руго мугIрузул районазде, бачIунеб соналъе подписка гьабиялъе кумек гьабизе.

Редакциялъул хIалтIухъабаз казият къватIибе биччаниги, гIадамазухъе гьеб щвезабиялъул хIалтIи кутакалда захIматаб буго. Гьединлъидал, бокьун буго «Ас-саламалъул» редакциялъул ва казият цIалулезул рахъалдаса киназего баркала загьир гьабизе!

МагIарул мацIалда бахъулеб «Ас-Салам» казияталъул редакция

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...