Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Эбел-эмен къацандулел руго

Дир эбел-эмен кидаго къацандулел рукIиналъ, рокъове вуссинецин бокьуларо. Школалдаса кватIун щвезе гIамал гьабула, цинги къватIал сверизе уна ва мех-мехалъ компьютерал хIалеб бакIалдаги вукIуна. БитIараб бицани, рокъов вукIин гIазаблъун букIуна дие. Дида ккола эбе-инсуе ратIалъаниго бигьаяб букIинин. Щиб дица гьабилеб?

Марина ГIалиева

ГIалимчиясул жаваб

Рос-лъади цIунун рукIине ккола гIемер къацандиялдаса ва хасго лъималазда цере. КъацандичIого тIубалареб хIал батани, лъимал гьечIеб бакIалде ина. Рос-лъадуца гьоркьоб лъураб суал, гIодоре риччан, берцинаб хIалалда бачине хIаракат бахъизе ккела. Эбел-инсуда гьоркьор ругел масъалаби сабаблъун лъималазул ракI хехлъула ва къваридаб асар гьабула.

Гьединаб хъизамалда гIурал лъималазул тIабигIатги квешаб лъугьуна, хIатта школалда ва цогидал бакIазда церетIеялъул ишги нахъе ккараб букIуна. Аварагасул хIадисазги нилъее баян гьабуна битIун вугонигицин къец тарав чиясе алжаналъул сверухълъиялда рукъ кьезе къотIи гьабулеб букIин. (Абу Давуд) ГIайиб гурищха, эбел-инсул цоцадехун бугеб гьоркьоблъиялде асар гьабизе дуда кIоларо.

Дуда гьабизе кIолеб жо буго гьел кIиязего лъикIаб дугIа гьаби. Жеги хIалбихьизе бегьула гьезул щивавгун кIалъан, гьел сабруялде ахIизе ва абизе «Кидаго нуж къацандулел рихьидал дие кутакалда захIмалъулеб бугин ва ракIги къварилъулин», - абун.

Эбел-эмен къацандулел рихьидалги гьезда цеве чIеларо. Лъималазда лъалареб жо гIемер букIуна, гьединлъидал гьезул цоязул рахъги ккунги чIеларо. Эбел-эмен кIиялго рокьизе ккола. Къуръаналда буго: (магIна) «Дуца гьезда тIад гурхIелрахIмуялъул кваркьи лъе. Мун гьезие хIелун ва тамахлъун вукIа.

Дуца дугIа гьабе ва Аллагьасда гьаре: «Я дир БетIергьан! Мун дир гьал эбел-инсуда гурхIа ва гьезда дур цIоб-рахIматги рещтIинабе, гьел кIиязго дие лъикIлъи гьабураб гIадин дун гьитIинаб лъимерлъун вугеб мехалъ», - абун. (Суратул «Исраъ», аят 24)

Гьединго лъикIаб букIина гIалимчиясухъе ялъуни имамасухъе ун эбел-инсуе вагIзанасихIат, рекъел-маслигIат гьабеян гьаризеги.

Психологасул жаваб:

Ишкалалъулъ киналго гIагарал гIахьаллъун рукIиналъ цIакъ захIматаб суал буго гьеб. Бищун захIматаблъун буго эбел-инсул дагIба-рагIи щибаб къойил бихьулеб мехалъ дуего бокьичIонигицин гьездехун квешаб бербалагьи бижула. Гьеб сабаблъун гIумруго рихинеги байбихьула.

Дуца абухъе, эбел-эмен я ратIалъила я ратIалъиларо, гьеб гьезул иш буго. Къойил рагъулел ругониги цадахъ гIумру гьабиялъеги гьезул чанги гIиллаби ратула. ГIумрудул захIматал къоязул заманги батизе бегьула гьезул. Мун жеги гьитIинав чи вугелъул, дуда кинабго лъалебги батуларо.

Дуца бицаралдаса бичIчIула я инсуе я эбелалъе бокьулеб гьечIо къезе чIезе. Гьединлъидал къойил дагIба букIуна рокъоб. Дуца щибха гьабилеб!? ТIоцебесеб иргаялда, хIалбихьизе бегьула эменгун кIалъазе.

Гьесдехун бугеб рокьиги загьир гьабун бичIчIизабе къойил рокъоб букIунеб дагIба-къец сабаблъун рекIелъ гьездехун ццин бахъин бижулеб букIин ва цо къоялъ рекIелъ гьездехун бугеб рокьи дагьлъилин хIинкъун вукIинги баян гьабе.

Гьебго хабар эбелалъеги бице. Хьул буго гьезда бичIчIизе дагIба-къецалъ лъималазулги ракI бекулеб букIин. Гьеб сабаблъун кантIизе рес буго. Жеги дуца эбелалъе психологиялъул тIахьал росизе ялъуни нужер шагьаралда йигей лъикIай психологалъухъе ячине бегьула.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...