Аслияб гьумералде

ТалихI батила, баракат лъела

ТалихI батила, баракат лъела

ТалихI батила, баракат лъела

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи буго бусурбанчиясулъ бищун цебе букIине кколел тIабигIатазул цояб. Гьелда  абула такъвайиланги. Гьеб гьечIев чияс гьабула цебе ккараб иш, хал гьабуларо хIалал-хIарамалъухъ, тIубазабуларо аманат.

 

Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи бугесул боцIуда, дагьаб бугониги, бугелда баракат лъола, гIумруги талихIаб букIуна, БетIергьанасул ﷻ рахъалдаса ажруги щола. Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Аллагьасукьа ﷻ хIинкъа, нуж (ахираталда) талихI батараздасан рахъине бегьула», - абун (сура «Алу ГIимран», 200 аят).

Цебе заманалда вукIун вуго цо херав чи кутакалда Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи бугев ва гьабулеб ишалъулъ варагI цIунулев. Гьесул вукIун вуго лъабго васги. Гьелги инсуца, берцинаб тарбия кьун, ахIулел рукIун руго такъваялде, аманат тIубазабиялде. Хвалде гIагарун вукIин бичIчIарав херас васалги ахIун, абун буго: «Дир лъимал! Дица нужее ирсалъе толеб буго пихъил ах, гьаб хIалтIизабиялъулъ нуж Аллагьасдаса хIинкъа, Гьес нужер буголъиялда баракат лъела», - абун.

Эмен хведал васаз ах, гьес малъухъе гьабун, лъабаздаго гьоркьоб бикьун хIалтIизабула.

Цо нухалъ чамасдакI бакIарулаго гьитIинав вацасда гъотIокь батула хIайваналъул тIомол гьабураб таргьа, гьелда жанирги ратула меседил динарал. Лъабавго ургъула щибдай гьелда гьабун лъикIилан абун. КIудияв вацас абула гьеб нилъее Аллагьасул ﷻ рахъалдасан щвараб бугин, гьелъухъ нилъеца жеги ракь босилин ва рукIа-рахъинги лъикIлъилин абун. Гьоркьохъес абула, нилъеда батараб нилъер кколин абун. ГьитIинав вацас абула: «Нужеда инсул васият кIочон тунищ? Гьес нилъеда Аллагьасукьа ﷻ хIинкъайин гурищ абураб? Нилъеда рагIичIогойищ ругел Аварагасул ﷺ рагIаби: «Чияхъа билараб жо батарас гьелъул цIех-рех гьабе лъагIелалъ, хважаин ватани – нахъбуссинабе, ватичIони – бокьараб гьабе», - ян абурал. Гьеб батизе бегьула мискинчиясухъа билараб яги бесдалазул боцIи. Нилъеца хIарамаб жойищ кквезе бугеб?» - абун. Гьеб каламалъ кантIизарула вацал. Цинги хIукму гьабула шагьаралъул къадиясда бихьизабизе. Гьес малъула, базаралдеги ун, гIадамал ракIарараб бакIалда цIех-рех гьабейин абун. Вацазги гьедин гьабула.

Гьелдаса нахъе уна чанго къо, амма щивго вачIунаро. Цо къоялъ ахикь рукIаго, гьоркьоб гIезегIанго заманги ун хадуб мехалъ, гьезул ахикье вачIуна гIансидаги ваччун вилълъанхъулев гIажизав херав чи. Гьес абула: «Ва гIолохъаби! Дида рагIана нужеда динаразул цIураб таргьа батун бугин. ГIолохъанчи вугеб заманалда, даран-базар гьабун хьвадулелъул, гьаб ах къотIун унаго дихъа тIагIун букIана меседил диргьамазул цIураб таргьа», - абун.

Вацаз гьесда абула дур тIагIарал меседил диргьамал кигIанаселин рукIарал, таргьадул сипатал рицейин абун. Херас гьезие бицуна кинабго ва кигIанасеб къадар динаразул букIарабали. Гьес бицарабги жидеда батарабги данде ккведал вацазул щаклъи хутIуларо ва таргьа нахъбуссинабула херасухъе. 

Гьезул ритIухълъиги бихьун, бадиб магIуги ххулун, гьес абула: «Дун гIемерал ракьаздасан хьвадана, гIемерал гIадамал рихьана, амма гьадинаб ритIухълъи киданиги дандчIвачIо. Цебего хьул къотIун букIана ва ракIалде кколаан гьеб гIарац щвеялъул гурони ургъел гьечIел бахьикъосазухъе щун батилин абунги. Нужер сахаватлъиялъухъ гьелъул бащадаб дица нужее толеб буго», - ян.

Амма вацаз инкар гьабула. Цинги гьитIинав вацас абула: «Нижеда кIоларо чияр хIакъ нахъбуссинабиялъухъ мухь босизе. Нижер кири Аллагьасда ﷻ аскIоб буго, Гьес ﷻ гьабуни гIела нижее дандежо. Нижер рухIги умумузухъа щвараб ирсги щаклъи бугелдаса бацIцIадаблъун букIине нижеца духъе тIадбуссинабуна дур боцIи-мал», - абун.

Гьел рагIаби рагIидал херас кверал рорхана ва дугIа гьабун ахIун абуна: «Я Аллагь ﷻ! Дудаса бугеб рекIел хIинкъи сабаблъун Дуца гьазул ахалда баркат лъе, ризкъиги цIикIкIинабе!»  - ян.

Гьелдаса хадуб ахалъ хIалухъин цIикIкIун кьезе байбихьана, бугелда жеги баракатги лъуна. ГъутIбуздаги, цебе букIинчIеб гьуинлъиялъул ва кIодолъиялъул пихъ базе байбихьана.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...