Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

Итни къоялъ Аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал кIвар бугел лъугьа-бахъиназул бицани бокьилаан.

 

– РабигIул авалалъул анцIила кIиабилеб итниялъ гьавуна МухIаммад ﷺ. Гьеб къо ккола гьанжесеб тарихалъул 571 соналъул 24 апрель.

– Гьижрияб тарихалъул анцIила лъабабилеб соналда, рамазан моцIалъул 17 итни къоялъ ХIираъ нохъода Аварагасде ﷺ рещтIана Аллагьасул калам ва гьеб ккола 610 соналъул июль моцI.

– РабигIул авал моцIалъул 12 итни къоялъ Аварагас ﷺ гьижра гьабуна Маккаялдаса Мадинаялде. Гьеб ккола 622 соналъул 27 июнь. Гьеб мехалда Аварагасул ﷺ букIана 53 сон.

– Гьижрияб тарихалъул 11-абилеб соналъул рабигIул авалалъул 12 итни къоялъ Аварагас ﷺ гьаб дунял тана. Гьеб ккола 633 соналъул микьабилеб июнь. Гьеб мехалда Аварагасул ﷺ гIумруялъул букIана 63 сонги лъабго къоги. (Муслим)

 

Исламалде ахIи цохIо Аварагасда ﷺ къокълъун букIанищ?

– Исламалде ахIи цохIо Аварагас гьабун течIого, цогидазги гьабизе кколеб жо букIиналъе хIужалъун ккола ГIумар ибн ХатIабидалъун ислам цIунеян, щула гьабеян абун Аварагас ﷺ дугIа гьаби. Жеги хIужалъун босизе бегьула Абу-зар аль-Гъифари абурав асхIабас «Ла илагьа илла Ллагь» абураб калимаялдалъун тIатун исламалде ахIизе байбихьи, Аварагас ﷺ исламалде халкъ ахIизе бакI-бакIалде асхIабзаби ритIи, Авараг ﷺ хун хадуб, киса-кирего ун асхIабзабаз ислам тIибитIизаби. Аллагь разилъаяв МусгIабица Мадинаялъул агьлу исламалде ахIиги, Мадинаялда ислам тIибитIиги. Гьединлъидал щивав бусурбанчияс, ресалда рекъон, ахIизе ккола гIадамал исламалде.

 

Аварагасул ﷺ тIабигIат кинаб букIараб?

– Свалат-салам лъеяв Аварагас ﷺ халкъ битIараб нухде ахIулаан берцинал вагIзабаздалъун ва гьуинал рагIабаздалъун, гьайбатаб мисалалдалъун. Гьес капурал гIадамазецин нагIана кьолароан, жив Аллагьас рахIматлъун витIарав вугилан абулаан. Гьес ﷺ жиндиего квешлъи гьабурал гIадамаздаса рецIелги босулароан ва абулаан: «Я дир Аллагь, Дуца гьел битIараб нухда тIоритIе, гьезда лъалеб гьечIо», - ян. Щивасдехун берцинаб тIабигIат хIалтIизабиялъул кутакалъ, щивасда ракIалде кколаан жиндаса хирияв чи гьесие ватиларин абун.

– АсхIабзабаз хIалалаб махсаро гьабуни, гьев хьимулаан, жинцагоги гьоркьо-гьоркьоб махсаро гьабулаан, амма хIакъаб гурони бицунароан.

– Рихараб, бокьулареб жоги бадибе абулароан, берцинго, хIеренго насихIат гьабулаан.

– АсхIабзабазе берцинал цIарал кьолаан ва гьезул ракIал рохизарулаан.

– Гьев вукIана бищун гIадамазда гурхIулев, бищун гьезие мунпагIат ц – IикIкIарав.

Цо чияс квешаб жо гьабунин рагIидал, гьеб гьабурав чиясул цIарги абичIого, абулаан цо-цо чагIаз гьадинал пишаби щайдай гьарулелилан, гьедин квешлъиялдаса рикIкIалъизе гьелги кантIизарулаго.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....