Аслияб гьумералде

ГIадатиявлъун вукIана

ГIадатиявлъун вукIана

Авараг вукIана гьабулеб ишалъулъ гIадамазулалдаса щибго ратIалъи гьабуларев, гIадатиявлъун. РекIунеб жоги гьесул санагIалъи ккараб букIунаан. Цин хIамида, цинги гIорцIеналда, лъабабизе чуялда, хадусеб нухалъ - вараниялда. Гьабулеб гIамалги букIана щибго жиндилъ чIухIи гьечIеб, гIадатиял гIадамазулалдаса бахъун ккечIеб. ХIайваназда рекIиндалги нахъа-цере цоцоял рекIинарулаан.

ГIубадатил вас СагIдил вас Къайсидаса бицун буго: «Цо нухалъ нижехъе зиярат гьабун вачIана Аллагьасул расул . Авараг нахъе ине къватIиве вахъунаго, СагIдица бачун бачIана гьев r рекIине къатIипа тIаде рехун берцин гьабураб хIама. ХIамиде вахун авараг унелъул, СагIдица абуна: «Я Къайс! Аллагьасул расуласе нух битIун цадахъ а (гьесие хъулухъ гьабун цадахъ вукIине)», - ян. Дунги гьесда цадахъ вахъана.

Цинги расулас абуна дида: «Мунги рекIа хIамида», - ян. Аллагьасул расуласул амру тун гуреб, гьесул адаб цIунун дица гьевгун цадахъ рекIин къабул гьабичIо. Гьеб мехалъ аварагас абуна: «Яги мун дида нахъа рекIина ялъуни дурго нухда ина (нахъвусса, дида цадахъ вилъунге)», - ян. Дунги нахъвуссана», - ян.

«Мавагьиб» абураб тIехьалда МухIибу ТIабараниясдаса бицун рехсолеб буго цоги лъугьа-бахъин: «Мадинаялдаса Къубаялде щвезегIан авараг , мугъзада щибго тIамичIого, хIамида рекIана. Нухда унелъул гьесда цадахъ вукIана Абугьурайратги. Цо заманалдаса аварагас гьесда абуна: «Я Абугьурайрат! Дица мунги ваччилищ?» - абун. Жаваб гьабун Абугьурайратица цIехон буго: «Я Аллагьасул расул , щиб бокьун бугеб (дица гьабизе)?» - ян. «Ваха, хIамиде», - ян абун буго аварагас .

Цинги Абугьурайрат лъугьун вуго хIамида рекIинелъун, амма кIун гьечIо ва вортун унелъул авараг кквезе, гьесда хурхине гIамал гьабулаго рортун руго кIиялго. Цинги, тIадеги вахъун, авараг цIидасан хIамиде вахун вуго ва цебесеб нухалъго гIадин цIехон буго: «Я Абугьурайрат! Дица мунги ваччилищ?» - абун. Абугьурайратица жаваб гьабун гьанжеги хIамиде вахине гIамал гьабун буго, амма бажаричIого рортун руго кIиялго. Лъабабизеги аварагас , ваччилищин абун цIехедал, гьес жаваб гьабун буго: «Ваччуге, хIакъалдалъун мун ВитIарасхIаги, дица мун лъабабизеги хIамидаса гъоркье рехуларо», - ян. ТIабаранияс рехсараб хIадисалда буго, сапаралде асхIабзабигун вахъараб мехалъ квен гьабизе, цIул бакIаризе, хIайван хъвезе, гьелъие хIалтIи гьабизе авараг цадахъ хIалтIулаанин.

Гьес абулаан: «Лъала, дица гьабичIониги нужеца гьабулелъе гIей гьабулеблъи, кинниги дие бокьуларо нужедаса ватIа чIезе…», - ян.

Мех-мехалъ хIатIида гIицIгоги вукIунаан авараг , гужгат, чалма бахъунги хьвадулаан. ГIидалъул каказде унелъул ва вачIунелъул лъелго хьвадулаан. Гьалбадерие хъулухъ жинцаго гьабулаан, лъалев чи аскIове ккани, гьесие жиндирго r гужгаталъул къвал гIодоб тIамулаан. Рокъоб гьабизе кколеб щиб хIалтIи батаниги, гьебги жинцаго гьабулаан. Лагъзадерилазулалдаса батIияб кваналароан, ретIунароан, гьелгун цадахъ хьвадулаан. Мискин-пакъиразе вакиллъунги вукIунаан, гьезул ретIелхьитIалъе рацIцIалъи гьабулаан. Гьединав вукIана авараг , ай щибго чIухIи, ццим бахъин, цогидаздаса живго батIиявлъун вихьи гьечIев, гIадатияв, Аллагьасул расуллъун. Аллагьас гьесул шапагIат камун тогеги бусурбаби! Амин!

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...