Аслияб гьумералде

Маккаялда ккараб гIажаибаб лъугьа-бахъин

Маккаялда ккараб гIажаибаб лъугьа-бахъин

МухIаммад авараг вукIана бищун хIалимав, жиндие гьабулеб зарал цIикIкIанагIан гьесул хIалимлъи цIикIкIунаан. Гьев чIвазеян къасд гьабурал, гьесие загьру кьезеян хIалтIарал гIадамал тамихI гьабичIого гьес риччан тана.

 

Ягьудиязул гIалимчи Зайд бин СагIнатица бицана: «Дида МухIаммадил авараглъиялъул киналго гIаламатал рихьун рукIана, кIиго гIаламат хутIун: хIалимлъи ццин бахъиналдаса цебе кколаан, цIикIкIун зарал гьабурабгIан хIалимлъи цIикIкIунаан.

Зайдие бокьун букIана гьеб кIиялъулго хIалбихьизе. Цо къоялъ бадавияс (бедуин) жиндирго къварилъи бицана аварагасда ﷺ. Аварагасухъ ﷺ гьесие кьезе гIарац батичIелъул, ягьудияв гIалимчияс гьев мискинчиясе гIарац кьуна, аварагас ﷺ заманалда гьесие тIадбуссинабизе къотIиги гьабун. Налъи нахъбуссинабизе кколеб заман щвелалде цо чанго къоялъ цебе аварагасухъеги ﷺ вачIун, Зайдица гьесул гIаба цIа-цIана ва хъачIго абуна: «Ле, МухIаммад, бецIуларищ дуца дир налъи, АллагьасхIаги нуж, ГIабдулмутIалибил наслуго налъуе кIарчамал гIадамал рукIун руго», - абун. Цинги ГIумар-асхIабас абуна: «Я Аллагьасул тушман, дуца гьедин Аллагьасул Расуласдайищ абулеб бугеб?» - илан. Авараг ﷺ гьимана ва ГIумар-асхIабасда абуна: «Я ГIумар, ниж гьеб дуца абулеб жоялдасаги цогидаб жоялде хIажат руго дудаса. Дуца дида абе берцинго налъи тIадбуссинабеян ва гьасдаги абе жиндирго налъи берцинго нахъе тIалаб гьабеян. Я, ГIумар, мун а гьавгун цадахъ ва гьасул налъиги тIадбуссинабе. Къого сахI чамасдакIалъулги кье гьасие дуца хIинкъизавуралъухъ», - абун.

Гьелдаса хадуб Зайдица ислам къабул гьабуна ва бицана аварагасул ﷺ хIалбихьизе бокьун букIанин.

Авараг ﷺ вукIана чIухIи гьечIев чи. Рукъалъул агьлуялъе, рокъоса-гIебеде кумекги гьабулаан. АсхIабзабазда цадахъ лъугьун хIалтIулаан, гьез бачIараб сайгъатги къабул гьабулаан. Цо нухалда гьесул гьайбатлъиги бихьун пуланав чи сородизе лъугьана. Хирияв аварагас ﷺ гьесда абуна: «Мун гIодове виччай, дун залимав хан гуро, дун вуго бакъвараб гьан кванан гIурай гIадатияй къурайшиялъул вас», - абун. Гьес ﷺ абулаан чIухIи гьечIев чи Аллагьас ﷻ тIадегIан гьавулин, чIухIарав чи басраги гьавулин абун. Кваналеб кванилъ, ретIулеб ратIлилъ гьес ﷺ, гIадатияв асхIабас гьабулелдаса, тIаде щибго гьабулароан.

Бичасул аварагасе ﷺ цIакъ бокьулаан гIузру бачинеги гIадамазда тIаса лъугьинеги. Цо ягьудиялъ загьру жубараб гIиялъажоялъул гьан бачIана. Аллагьас ﷻ гьесда гьеб гьан кIалъазабуна жинда гъорлъ загьру бугин абун. Гьей гIадан асхIабзабаз ккун ячун ячIиндал, аварагас ﷺ гьелда гьикъана щай дуца загьру жубан букIарабин абун. Гьелъ абуна: «Дие дур хIал бихьизе бокьун букIана. Нагагь мун авараг ватани, гьелъ дуе зарал гьабиларо ва амма гьерсал рицунев чи ватани, нижги дудаса эркенлъила», - ян. Хирияс ﷺ абуна: «Дуе Аллагьас дун чIвазе рес кьоларо», - ян ва гьейги йиччан тана.

Цо рагъулъги, асхIабзаби тохлъараб заманги балагьун, цояв гьесул бетIералда аскIов вахъун чIана хвалченги борхун, гьанже мун лъица дидаса цIунилевиланги абун. Аварагас ﷺ абуна Аллагьас цIунулилан. Цинги гьесда кодоса хвалчен бортана ва гьебги босун аварагасги ﷺ абуна гьанже мун жиндаса лъица цIунизе вугевилан абун. Гьев чияс тIаса лъугьин гьаридал, аварагас ﷺ абуна шагьадат битIеян. Шагьадат битIизе гьес инкар гьабуна, амма данде вахъинарин абун рагIи кьуна. Хирияс ﷺ гьев виччан тана. Цинги жиндирго къавмалъухъе щведал дов чияс абун буго жив нужехъе гIадамазул бищун лъикIав чиясда аскIоса вачIанин абун (Бухари).

ГIемерал соназ къурайшияз аварагасеги ﷺ гьесул асхIабзабазеги бажарараб квешлъиги заралги гьабуна. Макка бахъун хадуб аварагас ﷺ, КагIбаялъул нуцIида аскIов вахъунги чIун, вагIза гьабуна. Цин Аллагьасе рецц гьабуна, хадуб чи чIварав чиясе букIунеб хIукмуялъул бицана, цинги чIухIи квешаб жо букIиналъул, умумуздалъун чIухIизе бегьунгутIиялъул, киналго Адамил лъимал рукIиналъул, Адамги ракьудаса вижарав вукIиналъул бицана. Хадуб гьелда хурхун бачIараб хирияб Къуръаналъул аят цIалана, цинги абуна: «Я къурайшиязул къокъа, Маккаялъул агьлу, дица нужее щиб гьабилилан нужеда ракIалде кколеб?» - ян. Гьез абуна: «Дуца нижее лъикIаб гьабула, мун нижер къадру бугев вацасул васги ккола», - ян. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Нуж дица тархъан гьаруна, нуж ине бегьула», - ян.

Аллагьасул Расулас ﷺ киналго тIаса лъугьун тана ва гьелдалъун тIолабго инсанияталда берцинаб мисалги бихьизабуна.

 

 

ХIабиб МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...