Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумру

Аварагасул гIумру

– Маккаялда вугеб заманалда Аварагас бищунго кIвар кьолеб букIараб жо щиб?

– Бищун кIвар кьолаан гIакъида щула гьабиялде, Аллагь цо вукIин гIакълиялги Къуръаналъулги далилаздалъун чIезабун, гIадамазул иман щулалъизабиялде, гьединго, къиямасеб къо бачIин хIакъаб букIин ва ахираталда киналго чIаго гьаризе рукIинги, къиямасеб къо, алжан-жужахI кинабго хIакъаб букIин далилаздалъун чIезабиялдеги, гьез хъанчалги квешал гIадаталги рехун теялде.

– Аварагасул хъаравулзаби щал рукIарал?

– Аллагьас мун цIунизе вугилан абураб магIнаялъул аят рещтIиналде хирияв Авараг цIунулел хъаравулзаби рукIана. Гьев цIуниялда хурхараб аят рещтIун хадуб гьес гьезда абуна, гьанже нуж нахъе а, Аллагьас дун цIунизе тIаде восанилан. Гьелдаса хадуб Авараг тушбабазул жамагIат къотIунги унаан. Гьев цIуниги гьесул мугIжизатазул цояблъун ккола. Гьелда сверухъ гьесул гIажаибал ишалги ккана. Гьев цIуниялда хурхараб аят рещтIиналде гьев цIунулел рукIарал машгьурал асхIабзабаздасан ккола: МугIазил СагIду, Муслим, Абубакар, Масламатил МухIаммад, ГIавамил Зубайр, ШугIбатил Мугъират, Абу Аюбил Ансари, Билал, СагIд бину Абивакъкъас, Закван, Ибну Аби Марсад. Аллагь разилъаги киназдасаго.

– Гьесул ХIавариюнал щал кколел?

– Хирияв Аварагасул ХIавариюназдасан (хасал кумекчагIи) ккола ункъавго халифа, ХIамзат, ЖахIфар, АбугIубайдат, МазгIунил ГIусман, ГIафвил ГIабдурахIман, Абувакъкъасил СагIд, ТIалхIат, Зубайр. Аллагь разилъаги киназдасаго.

– Аллагьас Аварагасе зарал гьабизе капурзаби риччаялъул хIикмат щиб букIараб?

– Гьелда жаниб къиямасеб къо чIезегIан исламалде халкъ ахIулел гIадамазе дарс букIана. Хирияс кIалалъ абун течIого, ишалдалъунги бихьизабуна исламалде халкъ ахIулаго захIмалъиги, зулмуги, заралги баччизе кколеблъи. Щайин абуни, хIалбихьизе Аллагьас гьесул диналде халкъ ахIулезда гIемер захIмалъи чIамизабулеб гIадат буго. Аварагасда капурзабазул зарал бихьун букIинчIебани, дагIват гьабулезе абизе рес букIана Аварагасе нилъее гIадин захIмат букIинчIилан. Гьелъие гIоло ТIадегIанав Аллагьас Аварагасда бищунго цIикIкIараб заралги захIматги баччизабуна, хадусеб умматалъе дарслъунги букIине. Гьез баччараб захIматалъулъ Аллагьас гьезие ахираталда бищун чIахIиял даражабиги кьезе руго.

– Аварагасул шагIирзаби щал рукIарал?

– Хирияв Авараг цIунун шигIру гьабулездасан рукIана Сабитил ХIасан, РаввахIатил ГIабдуллагь, Маликил КагIб. Аллагь разилъаги киназдасаго.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...