Аслияб гьумералде

Аварагасул гIумруялдаса суалал

Аварагасул  гIумруялдаса суалал

Бусурбабаз ХIабашаталде (Эфиопиялде) тIоцебесеб гьижра гьабиялъе гIилла щиб букIараб?

Капурзабаз бусурбабазда зулму-хIал гьабидал, Ислам тIибитIизабиялде данде гьел чIедал, Аварагас бусурбабазде амру гьабуна гьижра гьабейин абун.

Бусурбабаз хасс гьабун ХIабашаталде щай гьижра гьабураб?

ХIабашаталда вукIана ГIиса аварагасул дин бацIцIадго ккурав, жинда аскIор загIипал гIадамазе зулму гьабизе толарев гIадилав хан – Нажашияв. Гьединав гIадилав хан гьев вукIин Аварагас гьезда бицана ва гьенибе гьижра гьабун лъикIин абун гьес бусурбабазде ишараги гьабуна. Гьелъие гIоло бусурбабаз тIоцебесеб гьижра ХIабашиялде гьабуна.

ХIабашаталдаса бусурбаби тIад руссиналъе сабаб щиб ккараб?

ТIоцебе ХIабашаталде гьижра гьабун хадуб асхIабзабазухъе хабар щвана Аварагасул инсул вац ХIамзат бусурманлъун вугин ва гьединго Маккаялъул хIал лъикIлъун бугин, къурайшиязул бутIруз Исламги къабул гьабун бугин, бусурбабиги гIемерлъун ругин абун. Гьеб мехалъ гьезие бокьана жидерго ватIаналде тIадги руссун, гьениб Аллагьасе гIибадат гьабизе. Амма Маккаялде щун хадуб мушрикиназул зулму-хIал тIадеги цIикIкIана. Гьез, Аварагас изнуги кьун, кIиабизеги ХIабашаталде гьижра гьабизе хIукму гьабуна.

КIиабизе ХIабашаталде гьижра гьабиялъул ва гьеб гьабурал асхIабзабазул къадар чан букIараб?

ТIоцебесеб гьижраялдаса асхIабзаби Маккаялде руссун ва ГIумар асхIабас Исламги босун хадуб мушрикиназул гьезде тIадецуй цIикIкIана ва щивасул тухумал тIаделъун гьезие гIакъуба кьезе байбихьана. Гьеб мехалъ Аллагьасул расулас гьезие кIиабизеги ХIабашаталде гьижра гьабизе изну кьуна. Гьеб нухалда гьижра гьабуразда гьоркьов ункъоялда лъабго бихьинчиги анцIила микьго чIужугIаданги рукIана.

Щай Аварагас ТIаиф чIунтизабизе изну кьечIеб?

ТIаифалъул гIадамаз Авараг къабул гьавичIого, ганчIал речIчIун нахъе къотIидал, гьев вахчана шагьаралдаса къватIиб бугеб цо ахикь. Гьениве гьесухъе рещтIана ЖабрагIил малаик ва гьес Аварагасда абуна: «Дуе бокьун батани дица гьаб бакI ракьулъе кIкIунеб хIал гьабила яги гьелде тIаде мегIер ччукIизабила», - абун. Жив рахIматлъун витIарав Аварагас жаваб кьуна: «Дун гьезда гурхIула, дун божула гьезул хадусел гIелалгIаги Аллагьасе бацIцIадаб лагълъи гьабизе лъугьиналде ва Аллагьасде гьез щивниги гIахьал гьавунгутIиялда», - абун. Гьеб мехалъ ЖабрагIилас абуна: «Унго-унголъун, Аллагьас абухъе, гурхIел цIикIкIарав вуго мун», - ян. («Ар-РахIикъул махтум»).

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...