Аслияб гьумералде

Алжаналде щварав

Алжаналде щварав

Идрис авараг ккола Къуръаналда цIар рехсарал аварагзабазул цояв. Гьев вукIана Вавилоналъул рахъалда гIумру гьабун. Адам аварагасдаса бачIараб МухIаммадил нур жинде рещтIаразул цоявги ккола гьев. Авараглъун витIизегIанги гьев вукIун вуго гIибадаталда вугев, сахаватал гIадамалгун цадахъ хьвадулев, хIалалаб гурони боцIи-мал кваналарев, варагI цIунарав чи. Гьесул Аллагьасе бугеб гIибадат бихьун, зодор малаикзабигицин хIайранлъулел рукIун руго.

Гьев гIумру гьабун вукIараб бакIалда гIадамал рукIун руго Къабилил наслабаздаса лъугьарал. Аллагьасул дин тедал, БетIергьанас Идрис витIун вуго гьезухъе хIакъаб нухде ахIизе. Аллагьасул рахъалдаса гьесухъе рещтIун буго 30-гIанасеб тIамач, лъикIаб-квешаб жинда хъвараб. Къуръаналда Идрисил рехсей гьабулеб буго гьев вукIанин ритIухъав, тIадегIан гьавуравин абун. ТIахьазда рехсолеб буго Идрис авараг кколин тIоцебе ретIел-хьит букъизе, пероялъ кагъат хъвазе, цIвабзазул гIелму лъазабизе ва хIисаб гьабизе байбихьарав чиян.

ТIадегIан гьавуравлъун гьев вукIиналъе гIела МигIражалъул сордоялъ зодове МухIаммад авараг вачиндал, ункъабилеб зодов гьев вати. Жеги абула гьев вугин тIоцебе алжаналде лъугьарав ва гьенив вугев инсаниланги. Гьелъул рехсей буго Умму Саламатидаса бицараб аварагасул хIадисалдаги.

Цо нухалъ, Аллагьасухъа изнуги босун, ГIизраил малаик щун вуго Идрис аварагасухъе зияраталъ. Лъаларев чи вихьидал Идрисица цIехон буго гьесда мун щивилан. РухIал росулев малаик вугин тIаде вачIарас жаваб гьабидал, «ГIизраил малаик мун ватани дир рухI хехго босе», - ян абун буго Идрисица. Гьаб нухалъ рухI босизе изну гьечIин ГIизраилас абулаго, Аллагьасул рахъалдаса вахIю щун буго рухI босизе изну кьун. Гьедин хвалил кьогIлъиги чIамизабун, Аллагьас амру гьабун буго рухI нахъбуссинабеян.

Гьелдаса хадуб, Идрис аварагасе бокьула жужахIалъул гIазаб бихьизе ва гьарула ГIизраил малаикасда гьеб бихьизабеян. Аллагьасул изнуялдалъун ГIизраил малаикас гьев вачуна жужахIалда тIад тарав Малик малаикасухъе ва бихьизабула гьелъулъ гIакъуба-гIазаб. ЖужахIалъул кутак бихьун Идрис гIакълуялдаса уна, цинги ГIизраил малаик аскIове вачIун рокъове щвезавула. Бихьаралдаса гIажаиблъарав Идрис, кинабго кIочон тун, тIуванго Аллагьасе гIибадат гьабизе лъугьуна.

Гьанжесала унго-унгояб хвалил заман гIагарлъи бичIчIула Идрис аварагасда. Цинги жиндирго вас Мутавшалахида тIадкъала халкъ битIараб нухдаса ине биччагеян ва васиятги гьабула как тогеян. Цинги хIужраялде лъугьун Аллагьасда гьарула алжан бихьизабеян. Гьесул гьариялъе жаваб гьабун Аллагьас алжаналда тIад тарав Ризван малаикасда абула Идрис алжаналде вачеян. БетIергьанасул амру тIубан Ризваница гьесухъе, зодоб бугеб ТIуба абураб гъотIол гIаркьел дализабула ва гьелда хурхаравун цин зодове вачуна, хадув алжаналдеги лъугьинавуна. Гьенир Идрисида киналго нигIматал рихьизаруна ва хIалхьезегIан жанивги тун, къватIиве вахъине кколин абула.

Маликасе жаваб гьабун, Идрис чIола жив къватIиве вахъине гьечIин абун. Ва абула щивав чияс хвалил кьогIлъи чIамизе бугищин? Гьеб дица чIамунин. Щивав жужахIалде щвезе вугищин? Гьенивеги дун щванин, гьелъул гIазаб-гIакъубаги бихьанин. Гьеб киналдаго хадув щванин алжаналде. Алжанги, жаниве лъугьарав, къватIиве вахъунеб бакI гурин. Хадуб, БетIергьанас гьесул рагIаби ритIухъ гьаруна ва абадиялъ жанив вукIаян алжаналдаги тана.

Къуръаналда буго (магIна): «Хвел бихьуларев, гьелъул кьогIлъи чIамуларев инсан гьечIо, киназго гьеб чIамизе буго», - ян (сура «алу-ГIимран», 185 аят).

«Нужер цонигияв гьечIо жужахIалде вачIун гурони (кинавго чиясда жужахI бихьизе буго сиратIалъул къотIаса унеб мехалъгIаги)», - ян (суратул «Марьям», 71 аят).

«Алжаналде лъугьун хадур гьелъул агьлуялъе къватIире рахъин гьечIо» (суратул «ХIижр», 48 аят).

Аллагьас тIадегIан гьавун Идрис авараглъунги витIана, алжаналде щведал гьенивги тана, гьединго ункъабилеб зодовги чIезавуна. Гьесул гIумрудул 365 сон букIана. Вагьбу ибну Мунаббагьица хъвалеб буго: «Идрис авараг, малаикзабигун цадахъ, ТIадегIанав Аллагьасе гIибадат гьабун зодов вуго, жиндие хIажат ккедал алжаналдеги уна», - ян. Гьесул хIакъалъулъ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуца Идрис аварагги рехсе МухIаммад дурго умматалъе вагIзалъун хирияб Къуръаналда. Гьев вукIана ритIухъав авараглъун. Аллагьас гьев тIадегIанаб макъамалде вахинавуна», - ян (суратул «Марьям» 56-57 аят). Аллагьас насиб гьабеги щивав муъминчиясе алжаналде лъугьин!

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...