Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго хутIаниги», - абун.
Жинда Аллагьасул ﷻ свалат-салам лъеяв Аварагас жаваб гьабун абуна: «Руго, дир рухI жиндихъ кодоб бугев АллагьасхIаги нуж битIараб нухда руго, чIаго хутIаниги хваниги», - ян. Цинги ГIумар-асхIабас абуна: «Гьедин батани щайха нилъеца ислам балъго гьабулеб бугеб? Дун битIараб нухде вачарав АллагьасхIаги, нилъерго дин загьир гьабун нилъ чара гьечIого къватIире рахъине руго», - ян.
Гьелдаса хадуб кIиго къокъаялдалъун мухъги гьабун, асхIабзаби рахъана къватIире ва цояб мухъалъе нухмалъи гьабуна ГIумарица. Цогидаб къокъаялъе цебехъанлъи гьабуна Аварагасул ﷺ имгIал ХIамзатица ва гьел лъугьана КагIба-рокъоре. Гьединаб хIалалда бусурбаби халкъалда цере загьирлъиялъ Маккаялъул мушрикал риххун лъугьана. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб Аварагас ﷺ ГIумарие кьуна «ал-Фарукъ» абураб тIокIцIар («хIакъикъат гьерсидаса батIа гьабулев чи»).
Жинца ислам босараблъи ГIумарица киназухъего щвезаби. Жиндие къурайшияз зарал гьабизе букIин лъаниги, гьелдаса хадуб ГIумарие бокьана киназдаго лъазабизе жинца ислам къабул гьаби. Гьесул васас бицараб кинниги, гьелдаса хадуб ГIумарица лъазабуна къурайшиязул бищун харбал хехго тIиритIизаризе хехав чи щивилан. Гьединав чи Жамил ибну Мамар аль-Жумухи вугин абидал, ГIумар-асхIаб гьесухъе ана.
Жамилида аскIове щведал ГIумар-асхIабас абула, лъалищин дуда жинца ислам босараблъи ва дун МухIаммадил ﷺ диналде лъугьаравлъи абун. Гьеб рагIун хадуб Жамил бигьа гьабун тIаде вахъуна ва щибго калам гьабичIого КагIба-рукъалдехун валагьун уна. Гьеб букIана гIемерисел къурайшиял ракIарулеб бакI. Цинги киназдаго цеве вачIун, гьес ахIана: «Ле, къурайшиял, ГIумар ибну ал-ХатIабги лъугьана нилъер дин таравлъун», - ян. Жамилида хадувго вахъун къурайщиязда аскIове щун вукIарав ГIумар-асхIабас ахIана гьереси бицанин дуца, жинца дин течIин, ислам босанин абун. Цинги киназдаго рагIизабун шагьадатги битIана.
Гьес шагьадат битIун хадуб, гьесда тIаде лъугьана мушрикунал. Ва ГIумар-асхIаб гьелгун вагъана къо бащалъизегIан. ГIумар-асхIаб рухI дагьлъун, свакан гIодов чIана ва гIадамал гьесда сверухъ ракIарана. Цинги гьес абуна: «Нужеего бокьараб гьабе! АллагьасхIаги, нижер (бусурбабазул) лъабнусгогIан чигIаги вукIаравани, гьеб мехалъ бихьилаан нилъеца щал гьаб шагьаралъул бетIергьабилъун рахъине рукIаралали», - абун.
Гьеб захIматаб хIалалда рукIаго гьезда аскIове вачIана ГIас ибну Ваил ас-СахIми абурав херав чи. Гьев вукIана къурайшиязул церехъабазул рагIи билълъаразул цояв. Гьес ГIумар жиндирго цIуниялде гъоркье вачана ва гьикъана щиб ккарабилан. Гьесие жаваб гьабун абуна ГIумарица умумузул динги тун ислам босанин. Цинги херас абуна: «Те гьев живго. Гьес жинцаго тIаса бищана жиндиего бокьараб дин. Нужеда ракIалдейищ кколеб бану ГIади тухумалъ (ГIумарил гIагарлъи) бигьаго жидерго гIагарав чи нужехъе кьезе вугин (чIвазе яги вухун хадув тезе вугин абураб магIна)?» - абун. Гьелдаса хадуб мушрикунал рахъ-рахъалде ана.
ГIумар ибну ал-ХатIабица (гьесдаса дагьаб цебе ХIамзацаги) ислам къабул гьабун хадуб, бусурбабазул ахIвал-хIал кьучIдасанго хисана ва гIемерго бигьалъана. Гьеб заманалде щвезегIан муъминзаби данделъизе кколел рукIана балъго, Аркъамил рокъор.
Гьелдаса хадуб бусурбабазе рес щвана Маккаялъул къватIазде эркенго рахъине ва рагьун жидерго дин бихьизабизе. Аркъамил рукъги хутIичIо гьезул цого-цо данделъулеб бакIлъун, рес щвана КагIбаялде ун как базе. ГIабдуллагь ибн МасгIудица бицана: «ГIумарица ислам къабул гьабизегIан нижее КагIбаялда цебе как базе рес щолеб букIинчIо. Гьев бусурбанлъидал бусурбаби жалго тейин къурайшиязулгун рагъ гьабуна гьес, цинги бажарана нижеда гьениб как базе», - ян.
ГIумар лъугьана жидерго къавмалъул щулияб квербакъи букIинчIел бусурбабазе цIунилъун. Гьев хIинкъулароан жиндирго динцоязул рахъккун вахъине ва гьезие рахIатбахъи гьабулел нахъчIван къеркьезе.
Машгьурав асхIаб ибн МасгIудица гьеб тарихияб лахIзаталъул хIасил гьабун абуна: «ГIумарица ислам къабул гьаби букIана – бергьенлъи, гьижра гьаби – кумек, халипалъи – рахIматлъун», - ин.