Аслияб гьумералде

КIудияб Бергьенлъиялъ 80 сон тIубаялде

КIудияб Бергьенлъиялъ 80 сон тIубаялде

1939 соналъул 1 сентябралда фашистазулаб Германиялъ байбихьана КIиабилеб дунялалъул рагъ. Гьелдаса кIиго сонгIанаб заман индал, 1941 соналъул 22 июналда гьеб рагъул гIаркьел щвана Совет Союзалъул ракьалдеги.

 

Гьебго къоялъ СССРалъул къватIисел улкабазул ишазул халкъияв комиссар В. Молотовас радиоялдасан гьабуна гьадинаб хитIаб: «Жиндир заманалда Наполеоница Россиялде гьабураб гьужумалъеги халкъалъ цадахъ рахъун жаваб кьуна ва хIорлъизаруна Наполеонил киналго ниятал. Гьебго къисмат букIине буго нилъер улкаялде тIаде гьужум гьабурав Гитлерилги. БагIараб Армия, гьединго тIолабго халкъ цадахъ бахъун бергьенлъи босулеб рагъ гьабизе буго ватIаналъе гIоло, нилъерго къартI цIунун ва эркенлъи тIалаб гьабун», - ян.

В. Молотовасул хитIабалъе жаваб гьабуна миллат, дин батIа гьабичIого СССРалъул тIолабго халкъалъ. ВатIаналъ бергьенлъи босиялъулъ саламатаб бутIа лъуна бусурбабазул республикабазги. СССРалде гъорлъе унел рукIарал Шималияб Кавказалъул республикабиги рикIкIад чIечIо. Гьелъие нугIлъи гьабула Шималияб Кавказалдаса вахъарав 516 Совет Союзалъул бахIарчиясгун нусаза-азар рагъухъанас.

Рагъ байбихьарал тIоцересел къоязго Дагъистаналдаги байбихьана ВатIаналъул ахIуе жаваб гьабизе. ТIоцебесеб щуго къоялда жаниб рагъде ине бокьаразул гIуна 3,5 азаргоялдасаги цIикIкIун чи.

 «Кинабго фронталъе, кинабго Бергьенлъиялъе» абураб ахIиялда гъоркь, 1941 соналъул риидалгун хаслихъе дагъистанияз оборонаялъул фондалде битIана 7,7 миллион гъурущ гIарцул. Гьебго соналъ ДАССРалъул Ахти, Догъузапара, ДахIадаев районазул колхозаз «БагIараб армиялъул чу» абураб фондалде битIана 756 чу. Бищунго захIматаблъун кколеб 1942 соналъ мугIрузул улкаялъ бакIарана 25 миллион гъурущ. Гьеб гIарцуде гIуцIана «Шамил» абун цIар кьураб танказул читIир.

КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда ахIвал-хIалалъе битIараб къимат кьуна ГIабдурахIман Данияловас. Москваялъул Кремлялда гьес абуна: «ХIурматияв гьалмагъ, Сталин. Дагъистаниял руго рагъда ва гьединго гьенире ине хIадурго. ХIажалъи бугони къватIире рахъине гъираялда руго харабигун руччаби ва лъимал. Дагъистаналда сурараб, нахъегIанаб ишлъун рикIкIуна рагъде вахъинчIого вахчун чIей. ЗахIматаб заман букIиналъухъ балагьичIого, гьаб жакъа къоялде щвезегIан рагъул фронталъул фондалде дагъистанияз кьуна 350 миллион гъурущ. ГьабсагIат рагъда гIахьаллъи гьабулеб буго 200 азарго чияс. Гьезул 20-яв вахъана Совет Союзалъул БахIарзаллъун. Дагъистаниял тылалда хIалтIи гьабиялъулъги цере руго. 140 азарго чи вуго хандакъал рухъулел. Дир дагъистаниял руго Совет Союзалъе, ВатIаналъе, эркенлъиялъе ва бергьенлъиялъе гIоло рухI кьезе хIадураб халкъ», - ян.

Нилъер киназулго налъи буго умумуз бихьизабураб бахIарчилъи, гьезда бихьараб гIакъуба-къварилъи кIочене биччангутIи.

 

Мурад ХIайдарбеков,

ДГИялъул гуманитариял дисциплинабазул факультеталъул декан

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...