Аслияб гьумералде

Дида тIаса лъугьа

Дида тIаса лъугьа

Дида тIаса лъугьа

Дида тIаса лъугьа, хирияв Аллагь!

Арал дир къоязул къимат гьабичIев.

Гьабуге гIакъуба ГIарасаталда,

ГIадада замана биччан тунилан.

 

БахIараб мехалда ботIролъ пикраби,

ХIалтIулел рукIана хIажат гьечIелде.

БатIулаб дуниял дие хиралъун,

Халикъ, Дур парзазул кIварго гьабичIо.

 

Гьарулел вагIзаби гIалимзабазул,

ГIенеккичIо гьезухъ гьаваялъ гуккун.

Ихтилат-кепалда, кечI-бакъаналда,

Къоял, сардал тIамун, соналги ана.

 

Сонал сверанагIан сахлъи дагьлъана,

Дир чорхол чIаголъи лъугIунги ана.

Херлъи тIаде бачIун, тату хварав дун,

Хвалил бусалъ вуго бухIулеб ракIгун.

 

РахIманасде вуссун, хIелун гьардола,

Гьабе дида гурхIел, Дур хIалкIолелъул.

ХIалимлъи бергьарав, БетIергьан Аллагь!

ТIаса лъугьа дида, рахче мунагьал.

 

Гьабураб кинабго квешабщиналда,

Дир ракI бухIун буго, дун пашман вуго.

Мун рахIму цIикIкIарав, цIобал гIатIидав,

ЦIоб-рахIму лъелилан лъун буго хьулги.

 

Къабул гьабе, Аллагь, гьарараб гьари,

Гьарула нахъчIваге гьабураб тавбу.

Хириял, гIадамал, дир рекIел бухIи,

БукIине биччанте дарслъун нужее.

 

Жакъа гIолохъанаб гIужда рукIаго,

КIвараб жигар бахъе битIун хьвадизе.

Бичас тIад гьарурал паризаял жал,

Гьезде кIвар кьечIого чIваге замана.

 

Зина, гьекъел-мехтел, гIемер махсара,

Мунагьал хъвай гуреб, гьечIо хайирги.

Халикъасул гурхIел щвезе бокьани,

БетIергьан разияб гьабе гIамалги.

 

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...