Аслияб гьумералде

ЦIодорлъизе васият

ЦIодорлъизе васият

ЦIодорлъизе васият

Унев вуго дун гьаб дуниялги тун,

Доб ахираталде дирго сапаралъ.

Макруяб байтулман нужее тана,

Вореха, нужгIаги гуккизе чIоге.

 

Дир магIирукъ гьечIеб тагIзият лъоге,

Хвезе вижарасухъ гIоди гьабуге.

Зигардизе неча – Бичасда хIинкъа,

ЦIакъ берцин хьихьанин, АлхIамдулиЛлагь.

 

Щуго сонгун бащдаб гIасру аниги,

Лъабго къо араблъун буго дир пикру.

Расги лъачIогоха сонал сверарал,

Бекерулеб чуялъ нух толеб гIадин.

 

Лъабго къойилищха гIумру букIараб?

Цояб араб, цоги жакъа нилъ ругеб.

Лъабабилеб – щолищ яги щолареб,

ГIибадит гьабулеб – къо кинаб азул?

 

Сон къо араб буго нахъбуссунареб,

Нилъер квещлъи-лъикIлъи цадахъги бачун.

Жакъасеб гьаб къоги квещго биччани,

Метер щиб кьуниги гьабги щоларо.

 

Метер къо бачIана, дун кив рикIкIунев?

Яги хваразда гъорлъ мунагь чураяв.

Яги дагьалъ тарав – гъовеги унев,

Хвел нахъ гIунтIун буго, кодоб жо гьечIев.

 

Кодоб жо гьечIилан гьанив толаро,

ЧIорого аразе тIокIаб щоларо.

ЛъикIлъаби гьечIони – квещлъи цIикIкIуна.

Квещабги цIикIкIана, АгIазанаЛлагь!

 

ВорчIа пакъир гIела – гIемер кьижана,

Макьу кин бачIунеб холев чиясде.

Жигар бахъе гьанже гIибадаталъе,

 Вегизе къоял дуй гIемерал щолин.

 

ТIаса лъугьа Аллагь, АстагъфируЛлагь,

Мунагь гуреб гьечIин пикру гьабуни.

ГIицIаб дурго гурхIел дие щвечIони,

Жиб жужахIалдедай рещтIин букIунеб?

 

Хьулни къотIуларо Разикъасдаса,

ГурхIулесул бищун гурхIулесдаса.

Мунагьазулъ тIерхьун гIажизлъаниги

ТIагьа виччан телин шафагIаталъе.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...