Аслияб гьумералде

Баркула рабигIул аввал

Баркула рабигIул аввал

Аварагасул моцI, рабигIул аввал,

Исанаги буго бачIун тIаде щун.

БачIараб батаги баркат-рахIматгун,

РахIманасул цIобал ракьалде рещтIун.

 

Расул жанив гьавун хира гьабураб,

Гьабизин нилъеца моцIалъул адаб.

МухIаммад авараг кIодоги гьавун,

Гьесул гIумруялъул хIакъикъат бицун.

 

Берцинал мажлисал, руссенал гIуцIун,

ГIадамал данделъун, мавлидал ахIун.

ХIабиб дунялалде вачIиналдалъун,

Лъугьарал хIикматал рехсеялдалъун.

 

Халикъас нилъее рахIматлъун кьурав,

РахIманасе бищун вокьулев Расул.

Гьесул умматалъул нилъго ратиялъ,

Рецц БетIергьанасе гьабе кидаго.

 

Пикру гьабе гьанже, диналъул агьлу,

Аллагьас гьединан кIодо гьавурав,

Халкъалъе рахIматлъун витIарав Расул,

Вохизе гьавулев вугищ нилъеца?

 

Гьев хирияв Расул, нилъер авараг,

Разияб гIамалгун гIумру гьабулищ?

Гьесул хIадисазда рекъон хьвадизе,

ХIаракат бахъулеб бугищ нилъеца?

 

ХIабиб умматалъул ургъалилъ вуго,

Умматин абуни - боцIул ургъалилъ.

Бичасда шапагIат гьарулев Расул,

Рокъобе магIишат бакIарулел нилъ.

 

ЛъугIел жиндий гьечIеб боцIуде руссун,

Биччаге гIадада баракатаб моцI.

БачIарабго гIадин тIасаги уна,

Ун хадуса нилъер ракIги бухIила.

 

Дунялалъул боцIи гIуцIулел рукIун,

РекIекълъила вацал, диналъул яцал,

Цоги хирияб моцI нилъее щвараб,

Щибго кIвар кьечIого борчIизе тани.

 

Бичас рахIматлъун нилъее кьурав,

Расуласул рехсей гIемераб гьабе.

Гьесде свалат битIе, суннатал тIурай,

ТIагьаясул баркат-шапагIат щвезе.

 

Щивас яхIги бахъе, бачIараб моцIалъ,

Аллагь разилъизе, Расул вохизе.

Нилъер чорхолъ ругел квешал гIамалал,

ГIодоре рехизе, ритIун хьвадизе.

 

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...