Аслияб гьумералде

ТIадал жал

ТIадал жал

ТIадал жал
Бищун цебе тIадаб жо, тIолавго инсанасда, 
Иман, исламгун суннат камилго лъазе гьаби.
Диналъулгун шаргIалъул тIадал ахIкамалги лъан, 
ХIарамабгун хIалалаб баянго лъазе гьаби. 
БетIербахъиялъеги, хъизан-лъималазеги, 
ТIадабги батIулабги, лъикIаб-квешаб лъазаби. 
Иман щибин абуни, анлъго жоялда ракI чIей,
ТIоцебе, вати тIадав АЛЛАГЬ цо ритIухъ гьави. 
КIиабизе ракI чIолеб малаикзаби руго, 
Лъабабизе ракI чIолеб Бичасул тIахьал руго. 
Ункъабизе, Бичасул аварагзаби руго, 
Щуабизе ракI чIолеб - ахир къиямасеб къо. 
Анлъабизе ракI чIолеб - Бичасул къадар буго, 
ЛъикIаб-квешаб кинабго АЛЛАГЬасул къадарин. 
АЛЛАГЬ аварагасдасан бачIараб кинабго жо 
РакI-ракIалъ ритIухъ гьабун къабул гьабизе ккола. 
Ислам щибин абуни, бусурбанлъи буго гьеб, 
Черхалъ гьабизе кколеб щуго гIамал буго гьеб. 
ТIоцебесеб - кIиябго шагьадат битIи буго, 
МагIнаги лъан, ракIги чIун, къабул гьабиги буго. 
КIиабизе – мехелалъ щуябго как бай буго, 
Лъабабизе – закагIат-caxI бахъун бикьи буго. 
Ункъабизе - Рамазан моцIалъ кIал кквей, 
Щуабизе - хIалкIвани хIежгун гIумра гьабила. 
Какил арканал, шартIал лъазаби тIадаб буго, 
Гьел лъачIого бараб как мунпагIат гьечIеб буго. 
Какил арканал нужей анцIила лъабго руго:
ТIоцебе ният буго, ракIалъ гьаби фарз буго. 
КIиабилеб рукнуги нияталдаго хурхун, 
Как бухьиналъул АЛЛАГЬУ Акбар аби. 
Лъабабизе, хIалкIолев вахъун чIейиги буго, 
Ункъабизе АлхIамги баянго цIали буго. 
Щуабизе рукугIги, гьенив хIалхьезе чIейги, 
Анлъабизе эхеде ворхун витIун чIей буго. 
Анкьабизе кIиябго сужда гьабиги буго. 
Гьеб кIиябго бакIалда хIалхьезе чIей шартI буго. 
КIиябго суждаялда гьоркьов гIодов чIей - микьго, 
ИчIабилеб рукнуги АттахIияту цIали. 
АнцIабилеб рукнуги гьеб цIализе гIодов чIей, 
AнцIила цоабилеб свалат битIиги буго. 
AнцIила кIиабилеб - какдасан салам кьела,
AнцIила лъабабизе - гьедин тартиб цIунила. 
Какилъе лъугьиналде анлъго шартI лъазе ккола:
ГIуж лъай, Къибладе вуссин, гIаврат бахчи - лъабабго, 
Как балеб къагIида лъай ва какие чурун вукIин, 
РетIел, черх, как балеб бакI кинабго бацIад букIин. 
Какилъе лъугьун хадуб лъазе ккола ункъго шартI:
КIалалъ калам жибго те, рукнаби тIокI гьаруге. 
ХIажат гьечIеб рагъари лугбаз гьаби жибго те, 
КIал холебщинаб жо те, гьелъги как батIуллъула. 
Какичуриялъулги анлъго шартI тIадаб буго: 
Гьурмада лъим чIвалаго ният ракIалъ гьабила. 
Гьумер чурун хадуса, кIиябго рукь чурила. 
БотIрода масхIу гьаби, хIатIал чури - щуябго, 
Гьаб рехсараб хIалалда тартиб цIуни - анлъабго. 
ГIалам бижарав АЛЛАГЬ, дир БетIергьан Гьев вуго, 
Дин малъизе витIарав МухIаммад - дир Авараг ﷺ. 
Дир динги ислам буго, дун гьелда рази вуго,
КIиябго шагьадатги гьелъие дир нугI буго. 
Дир имам Къуръан буго, къиблаги КагIба буго, 
Как, кIал, закат, хIеж гьаби - гьебги тIадаб фарз буго. 
АЛЛАГЬасул къадаралъ pyxI босулев ГIизраил, 
Мункар, Накирги вачIун хабалъ суалал хIакъаб. 
Къиямасеб къо бачIун халкъ бахъин хIакъаб буго, 
ХIисаб, суал, сиратI, мизан, алжан, жужахIги хIакъаб.
Гьел гурелги цогидал тIадал ахIкамалги лъан, 
Кинабго бацIалъизе тIарикъат хIажалъула. 
Кинавго исанасе чара гьечIеб жо букIун, 
БакIго гуреб бакIалда тIоцебе гьаб баб лъуна. 
ТIадабгун лъикIаб-квешаб хъвазе гьаниб бакI гьечIо, 
Чара гьечIел жалазул къокъаб фигьриса буго. 
ТIадаб гIелму лъазаби паризаяб жо буго, 
Лъимал-хъизамалдаги малъизе тIадаб буго. 
ШайтIан, нафс, гьава бергьун гьалаглъуде ккелалде, 
Жакъа холев вуго мун, хех гьабе АЛЛАГЬасде. 
АЛЛАГЬасде унеб нух тIарикъатги бугелъул, 
ХIакъаб гьеб нух къанги ккун, шаригIат камил гьабе.

ТIелекьа Мирзал ГIабдуллагьил МухIаммад

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...