Аслияб гьумералде

ГIолилазе насихIат

ГIолилазе насихIат

Ассаламу гIалайкум хириял магIарулал,

Имангун яхI-намусалъ дунял хIайран гьабурал,

БахIарчиял умумуз ракIазулъ чаран лъурал,

Камилал гIалимзабаз гIумрудул дарсал кьурал.

Гьанже дагьаб насихIат гIун бачIунеб гIелалъе,

Агьлу дун гьечIониги, къабул гьабун те вацал!

Росдал цIарги рогьоги гIолохъабаздалъунин,

Борхатаб намусалде саву ккезе биччаге!

Улкаялъул чIухIиги магIарул яхI–намусги,

Басралъулел гIамалал риччаге вацал яцал!

Къадруял умумузул иман яхI тIокIал васал,

Ислам чурхъулел чудказ ракI кваназе рукIунге!

ГъалбацIазул наслаби гьабзаз тIутIулеб заман,

ТIаде гIунтIанин вацал, воре тохлъизе чIоге!

Чар чараб гъудузул бо къвекIал цIумалин чIарал,

Къоял тIаде щун ругин, воре цIодорго хьваде!

Лълъурдул бегIерал бугъби, гарбал риццатал бугъби.

ТIаде тIехI барал бусбуз гъоркье рехизе гурин…

Салафиталин абун, вагьабиялин абун,

Гьел гурелги цогидал цурдузул махI бахъарал,

Гъазаватилан абун Ислам чIунтизабулел,

ЧIандачагIазда божун, воре, вацал чарлъуге!

Аслу гьечIел маргьабаз, къимат гьечIел доллараз,

Нужерго дунялухра чIунтизе тоге, вацал!

Исламалъул чорхолъе лъугьараб гьаб рак унти,

БичIчIизе тавфикъ кьеги тIолабго умматалъе!

Западалъгин жугьутIаз нилъей гьурщулел ругел,

Загьруял пихъил гъутIби рихьизе гIакълу кьеги!

Бицунеб мехалъ гьоцӀо, гьекъолеб мехалъ загьру,

Гъабу релълъананиги цӀибил батӀи-батӀияб.

Балагь кӀиго батӀияб бачӀарабгин бачараб,      

Беццав чияс нухмалъун, нухда витӀун ккеларо.

Бекьарасе бекьараб ракьалдасан буссуна,

БоцӀухъ ияхӀ рехуге, чадихъ намус бичуге.

ЦӀадуца бухӀулареб, лъадаца гъанкъулареб,

РитӀухълъи щула ккуни нахъа нилъго рохила.  

ТIарикъат цадахъ гьечIеб шаригIаталъул мисал,

РухI гьечIеб жасадалда релълъун бугин, ихванал.

Гьедин абулеб бугин кьучIал гIалимзабаца,

Гьедин ахIулеб бугин Къуръангиму ХIадисалъ…

ГIасрабазул хIалбихьи баччараб динул ислам,

ГIакълу мукъсанаб къавмалъ къуркьизе гьабиларо.

КъватIул гьаби хIапдонин къадруяб моцIрол къимат,

Холареблъи лъаларев ахIмакъ гурев вукIинищ?

Гьой жаниб лагIунилан гIорги хъублъуларебин,

БацIадаб меседалъул багьа учузлъулареб.

Хирияв диналъул вац, АЛЛАГЬ гурхIун вохаяв,

ГIангурбацIазда божун гьалаглъиялде унге!

Муфтияталъ малъухъе Исламалъул нух ккурав,

Мекъса ккунгутIи лъазе АЛЛАГЬАС тавфикъ кьеги.

Муршидасда нахъвилъун тIарикъат ккурав гIакъил,

ИншаАЛЛАГЬУ РрахIман талихI бугев вукIина.

ТIарикъат гIадаб ярагъ бати щакаб амруйин,

Нафсалда тIад бергьенлъи босизе бокьарасе.

Гьереси шайихасда дандчIваялдаса цIуне,

ТалихIкъеялъе сабаб гьебгIан кIудияб гьечIин…

Я РахIман, Мун гурхIаги гьаб загIипаб халкъалда,

Зулму-макру бергьиналъ Дуй лагълъи хъашлъун ккарал.

ГIадилав хIаким кьеги, хIалимав гьалмагъ кьеги,

Цоцазул хIакъ цIунарал мадугьалзаби кьеги.

Щулияб сахлъи кьеги, хIалалаб гьарзалъаги,

Гьеб битIун хьвадиялъе камилаб иман кьеги.

Гьудул-гьалмагълъи цIунун, диналъул вацлъи цIунун,

Мун разияб хIалалда хьвадизе тавфикъ кьеги.

МугIрул гIадал мунагьаз ракьда тIепизавурав

МухIаммаднабиеги дугIа камизе тоге…

Гьесулгун эбел-инсул, лъималгун хъизаназул,

Вацалгун яцалазул, тIолго муъминзабазул,

АЛЛАГЬ, Дур цIобалдалъун тIолго мунагь чурайги!

Нижер устарзабазул даражаби тIокI гьаре.

XIуснул хатиматги кьун хвалда ритIун ккезаре.

Амин Аллагь, Я Аллагь, Амин Аллагь, Я Аллагь,

Амин Аллагь, Я Аллагь, къабул гьабе БетIергьан!

АлхIамду, АлхIамду, щибаб рецц Дуе Аллагь,

Хадуб свалатгин салам, хирияв ХIабибасде,

АгьлуасхIабзабазде, нахърилъаралщиназде,

Даимго къотIи гьечIеб, Дур рахIматгIан гьарзаяб!

 

 

 МухIаммаднаби ГIабдулаев, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...