Аслияб гьумералде

ТIарикъаталъул аслу Аллагьасдасан, Аварагасдасан, асхIабзабаздасан бачIараб букIиналъул хIакъалъулъ баян

ТIарикъаталъул аслу Аллагьасдасан, Аварагасдасан, асхIабзабаздасан бачIараб букIиналъул хIакъалъулъ баян

ТIарикъаталъул аслу Аллагьасдасан, Аварагасдасан, асхIабзабаздасан бачIараб букIиналъул хIакъалъулъ баянТIарикъаталъул аслу Аллагьасдасан, Аварагасдасан, асхIабзабаздасан бачIараб букIиналъул хIакъалъулъ баян
Гьанже дир хирияв вац, дица дуе рехсана, 
Дагьа-макъабго баян Къуръаналдаса босун. 
Шайихзаби рукIинги, гьезухъе ине ккейги, 
Зикру тIадаб букIинги, тIарикъат хIакъаб букIин.
Къуръаналъ гьеб бицухъе Расуласдасан бачIин, 
Баян гьабун хIадисал дица дуе рехсела. 
АЛЛАГЬас гьев Авараг мигIражалде вачиндал, 
Гьесие загьирлъана гIемерал гIажаибал, 
АЛЛАГЬасул асмаалﷺ АЛЛАГЬасул авссафалﷺ, 
АЛЛАГЬасул афгIалал АЛЛАГЬасулъ рихьана. 
ТIалаб гьабулеб жоги нилъеца гьаб лъабабго, 
Нилъейго гьел загьирлъун АЛЛАГЬ лъай нилъей щвезе. 
Гьеб нилъей щвезе ккани тIарикъат къваригIуна, 
ГIемераб рийазалдаﷺ макъамалﷺ къотIун уна. 
Гьел макъамал къотIизе шайих чараго гьечIо, 
АЛЛАГЬасде жив щварав, щвезавизеги кIолев. 
Шайихзабазул аслу, тIарикъаталъул бетIер, 
МухIаммадун МустIафа Авараг вугин нилъей, 
АхIмадгун ТIибранияс ва цогидаз бицана. 
Аварагасул хIадис гьаб рехсараб куцалда 
ТIоцебе Аварагас асхIабзабазда зикру, 
ЖамагIатгун малъана, цо-цо ккунги малъана, 
АсхIабзабазда зикру жамагIатгун малъараб 
АсхIаб Шаддадидасан бицараб хIадис буго. 
Аварагасда цадахъ ниж гIемер чи рукIана, 
Киназдаго цадахъго тагьлил, талкъин гьабуна. 
Цо-цоккун зикру-талкъин гьабиялъул хIакъалъулъ, 
Юсуфил Куранияс бицараб хIадис буго. 
Гьев гуресги бицараб иснадﷺ caxIиxIﷺ гьабураб, 
КьучIал хIадисал руго пикру гьабун гIин тIаме. 
ГIали-асхIабас гьарун Расуласда абуна: 
«Я Бичасул Авараг, дица дуда гьарула, 
АЛЛАГЬасда аскIобги бищунго жиб хирияб, 
ГIибадаталъул рахъалъ бищунго жиб бигьаяб, 
АЛЛАГЬасул нухазул бищунго жиб гIагараб, 
АЛЛАГЬасде дун щолеб жоялде тIовитIе», - ян. 
Цингиги гьев Авараг АЛЛАГЬасде вуссана, 
ЖабрагIил вахIю гьавун Аварагасухъ щвана. 
«ФагIлам аннагьу Лаилагьа Иллаллагь 
вастагъфир лизанбика», - абун аят рещтIана.  
Аварагасда цеве ЖабрагIил гIодов чIана, 
ЖабрагIилас гьеб зикру лъабцIул талкъин гьабуна, 
ГIалидаги малъеян Расуласда абуна. 
ТIоцебе талкъин тIалаб ГIалидасан жиб ккедал, 
Гьеб мехалъ Аварагас ГIали гIодов чIезавун, 
Гьесда талкъин гьабуна, гьадинанги абуна: 
«Дицагун илчизабаз абулелъул хирияб 
Лаилагьа Иллаллагь бищун хирияб буго. 
Анкьалго зобал-ракьал цо цIадиралъуб лъуни, 
Лаилагьа Иллаллагь цоялъубги лъунани, 
Лаилагьа Иллаллагь бугебаб рахъ бергьуна. 
Берал къанщун гIин тIаме, дица абухъе абе». 
Берал къанщун лъабцIулго Лаилагьа Иллаллагь 
Аварагас ГIалида гьаракь борхун абуна. 
Берал къанщун лъабцIулго Лаилагьа Иллаллагь, 
ГIалицаги абуна Аварагасда рагIун. 
Гьеб куцалда цIакъ гIемер ГIалица гьеб бачана, 
Гьесда хадуб ункънусго асхIабасда малъана. 
Гьеле гьедин бачIана загьирияб тIарикъат, 
«Рисалату АхIмаду Ззаркараниялде» балай.
Жеги берцинаб баян лъазе бокьун батани, 
«Буружул мушайадат» - гьаб тIехьалде балагье.
БатIинияб тIарикъат Аварагас жиб малъун,
Абубакаридасан иргадал гьеб хьвадана.
«Къул АЛЛАГЬу» абураб аяталдасан босун,
РакIалда «АЛЛАГЬ» зикру Аварагас малъана. 
Гьеле гьелъий гIоло гьев вищун хира гьавурав, 
«Мафаззалакум» абун хIадисалъ гьеб бицана. 
Как-кIал гIемер гьабиялъ Абубакар тIокIлъичIо, 
Гьесул рекIелъ жиб хъвараб жоялдалъун тIокIлъана.
«Вазкур раббака финафсика» абураб аяталда,
Балъгояб зикруялъул амру цебе бицана. 
ХIираалъул нохъода ЖабрагIилул аминас 
Нилъер Аварагасда рабитIаги малъана. 

ТIелекьа Мирзал ГIабдуллагьил МухIаммад «Изгьарул хIакъаикъ» тIехьалдаса

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...