Аслияб гьумералде

ХIалал ва хIарам

ХIалал ва хIарам

МагIишат

 

ГIодорги чIечIого, рахIат лъачIого,

ЦIакъго кIудияб хIаракат бахъун,

Ахират - рукъ букIин кIоченеги тун,

Нилъеца гьабулеб буго магIишат.

ХъантIун хьвадулелги гIемерал руго,

МагIишат цебетIезе цIакъго къваригIун.

Жидехъ буголъиги цIикIкIун хадуса,

ЧIухIун хьвадулелги камулел гьечIо.

Гьукъарабги гьабун, бикъараб кванан,

Чанги чи вугоан рахIат босулев.

ХIарамаб ракьалда мина-рукъги бан,

ГIи-боцIи хьихьула цогидаз жакъа.

Кинацаго бугин босулеб абун,

ХIалтIуда ругелаз ришват цIехола.

АскIор ругелазул магIишат кванан,

Заман бахъулелги ратулел руго.

Гьудул-гьалмагъилан цадахъ ругезги,

Балъгого батула хиянат гIуцIун.

Жидеего хIалтIи бахъизе гIоло,

ХIилла-рекIкI букIуна мухIканго ургъун.

ГIезегIан ругелха жеги гIадамал,

ХIалалаб гурони буголъи гьечIел.

Ахират-рукъалъе гIемераб кIваргун,

Жидерго гьаб гIумру нухда бачунел.

Кинабго магIишат гьанибго тела,

Цогидазухъе гьеб ирсалъе щвела.

Нилъеца абуни жаваб борхила,

Доб дуниялалда, ТIадегIанасе ﷻ.

 

ГIарац

Макьуги гьечIого, квенги гIечIого

КъватIире рахъуна хIалтIи цIехезе.

ГIемераб гIетIги бан, гIакъубаги кьун,

ГIарац балагьула цо-цояз жакъа.

Цогидаз абуни хIилла-рекIкI гьабун,

Махсаралде гIадамалги ккун,

ЯхIги намусги гьорохъги биччан,

ЦIехола бигьаго гIарац жидейго.

ГIарац балагьулелъул гьечIо замана,

БачIунеб гIелалъе тарбия кьезе.

Ахир балагьидал, чанги мекъалде

Ругьунлъун ратула нилъер лъималги.

ГIарац гIемерлъидал мехтула цоял,

Кинабго бегьулин абунги рахъун.

Чанги мекъалдеги руссунги ккола,

Чанги гьукъарабги гьабун батула.

Цогидазухъ цIикIкIун гIарац бихьани,

Чанги чи лъугьуна жахIда гьабизе.

Жидейго санагIат цIехолел рукIун,

Гьаризе, бахъизе тIаде лъугьуна.

Буголъи жидехъго цIикIкIун хадуса,

Цояца садакъа гIемер гьабула.

Мажгит-къулгIаялъе, нухгун къватIалъе

ГIезегIанаб кумек щола гьезухъа.

Амма цогидалха, бечелъи щведал,

Жегиги тIадеги хъантIун лъугьуна.

ЧIухIараб рилъада хьвадулел рукIун,

Мискин-пакъир гьезда берзукь чIоларо.

Киназдаго лъалеб жолъун батана,

Щибго жо цадахъ боссе гьечIеблъи.

Гьедин бугониги бихьулеб буго

Инсан гIарцул бугеб хиралъи.

ГьечIого хутIани захIмалъи щолеб,

ГIемерго бугони рахIат камулеб.

КигIан бугониги гIейго лъалареб,

ГIажаибаб жони буго гьаб гIарац!

 

 

Ч. Жамбулаев, ГIахьвахь район.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...