Аслияб гьумералде

Хасалилги буго гIураб берцинлъи

Хасалилги буго гIураб берцинлъи

Щибаб гIужалъулго гIадин хасалилги буго жиндирго берцинлъи. Хасго гIазуги бан, сверухълъиялъ хъахIаб гурде ретIидал, батIи-батIиял расандаби гьаризе рес щола.

 

Нилъер заманалда гIемерисел лъимал рукIуна рокъор компьютеразде, телефоназде машгъуллъун. Амма ракIгъеялъе батIи-батIиял расандаби гьезда малъани, кигIан авадангоха гьез заман тIамизе бугеб!

 

«Къадакаби-кIанцIераби»

Киналго хIалел жинир гьунеб гор бахъула. Гьеб горалда бакьулъ цояв чIола, гьев вуго «кету». ХутIарал, «къадакаби», горалъул мухъалъул ракьанда чIола.

ХIалеб къагIида: «къадакаби» горалде жанире ва, чIечIого, къватIире кIанцIула, гьеб мехалда «катица» гьел кквезе хIаракат бахъула. Кквезе кIварав «катил» бакIалде вачIуна.

 

«ГIазул гарал тIами»

Ракьалда мухъги цIан, байбихьиялъе ва чIелалъе гIорхъи чIезабула. ГIазул дагьаб кIудияб горо гьабула. Сигнал кьурабго, хIалел ругез байбихьула гьеб ракьалда тIасан гиризе. ТIоцеве чIалде щварав бергьуна, гороги биххичIого хутIун букIине ккола.

Гьединго бегьула къотIнореги рахъун сапнал полопазул пунцIераби риччазе. Квачараб мехалда гьезда цIер чIвала, гьеб цIакъ берцинго лъугьуна.

 

«Щал дорегIан»

Лъималаз гIазул гарал хIадурула. Ракьалда мухъ цIала. Лъимал гьелда нахъа чIола ва гIазул гарал кIванагIан рикIкIаде рехула. Цинги халгьабула лъил бищун рикIкIаде «боржун» арабали.

Хасел буго цIакъ гIажаибаб заман. Гьединлъидал, рачIа нилъерго лъимерлъиги ракIалде щвезабун, лъималазеги рохел гIахьал гьабизе.

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...