Аслияб гьумералде

Рукъалъул мучари, гъаран

Рукъалъул мучари, гъаран

Гъаран (укроп) (латиназул мацӀалда Anethum ) — сельдереязул хъизаналъул лъагӀалилаб хералъул гъветӀ, гьелъул цохӀого цо тайпа ккола махӀ жиндаса бугеб гъаран (мугIрул мучари), яги хурул гъаран. ГӀалхул гъаран бижула ГьитӀинаб Азиялда, Шималияб Африкаялда, Ираналда ва Гималаязда. Бекьулеб ва хъархъил гъветӀ хӀисабалда гъаран батула дунялалъул щибаб континенталда.

 

Гъаран ккола инсанас хӀалтӀизабулеб бищунго некӀсияб хералъул цояб. Гьелъул бицунеб буго Мисриялъул квералъ хъварал хъвай-хъвагӀаязда, гьениб дару хӀисабалда хӀалтӀизабулеб букӀун буго. Гъараналъул мугьаздасан гьабураб гьекъолеб жо хӀалтӀизабулеб букӀана бетӀер унтиялъе, лъималазул коликабазде, чехь унтиялъе, нервабазул хӀалуциналъеги, макьу лъикӀлъизабизеги. Гъараналъул мугьал гьуин гьарулаан хӀухьел  цIай бигьалъизабизе, хӀайзалъул унти бигьа гьабизе, лъимер хахулел улбузул рахь цӀикӀкӀинабизе.

Диоскоридица (некӀсияв греказул рагъулав тохтур ва фармаколог, ботаникаялъул ва фармакогнозиялъул кьучӀ лъуразул цояв) гъараналъул масъала лъолаан беразул унтаби сах гьаризе, Галеница (некӀсияв румазул тохтур ва философ) гьес хIалтIизабулаан кваш тIолелъул баккараб унти бигьалъиялъе. Гъаран хӀалтӀизабулеб букӀана даруяб ва махӀ берцинаб хер хӀисабалда гуребги, берцинаб гъветӀ хӀисабалдаги.

 

Гъараналда гъорлъ руго…

Гъаран бечедаб букӀуна С, РР, Р, Е, ВӀ, В2, В6 витаминаздалъун, бета-каротиналдалъун, фолиевая кислотаялдалъун (В9 витамин); минералазул - калий, марганец, медь, цинк, кальций, фосфор ва железо; биологиялъул рахъалъ хӀаракатал жал (биологически активными веществами) — хлорофилл, лютеин, виолексантин, гьединго флавоноидал, масала, кемпферол ва виценин, ва монотерпенал — карвон, лимонен ва анетофуран, азоталъул цолъаби.

Нусго грамм цӀияб гъараналъулъ букӀуна 43 калория, 3 гр белокалъул, 1 гр нахул, 61 мг натриялъул, 7 гр углеводазул (гьезул 2 гр кванил волокнабазда).

Кинаб пайда бугеб?

  • Чехь-бакьазул нух
  • Гъаран бечедаб букӀуна эфиралъул нахаздалъун, гьез лъикӀаб асар гьабула квен биинабиялъул системаялъе, кваназе бокьи цӀикӀкӀинабула ва бакьазул хӀаракатчилъи цӀикӀкӀинабула. Гьез гьединго ццим ва батӀи-батӀиял ферментал къватIире рахъизе кумек гьабула, гьелъ кумек гьабула квен биинабизе ва квен чорхолъ рекъеялъеги;

Гъараналъул руго спазмалде данде къеркьолел хаслъаби, гьелдалъун гьеб пайдаяблъун ккола чехь-бакьазул нухалъул гӀемерал унтабазе, гьезда гъорлъ ругел спазмал ва чехь унтиялъе. Гъараналъул кьучӀалда гьарурал дараби хӀалтӀизарула метеоризм ва гастрит сах гьабизе.

  • РакӀалъулгун бидурихьазул ва бидул хьвадиялъул система.
  • Гъараналда жаниб бугеб магний, железо, калий ва цогидалги пайдаял жалаз бидул хьвади лъикӀлъизабула, хасго рекӀелъ ва гIадалнахалда. Гьединлъидал ракӀалъул ва лугбузул системаялъе даруял препараталги гьарула гъараналдаса;
  • Нерваби. Гъараналъул букӀуна бигьаяб тӀабигӀияб рахӀатхвей хвезабулеб асар ва гьеб пайдаяб букӀуна макьу гьечӀолъи ва неврозал, гьединго къойилго стресс ва хроникияб свак комплексияб къагӀидаялъ сах гьабиялъулъ. Гьелъул гIуцIиялда бугеб магниялъ нерваби гӀодоре риччазаризе руго;
  • Черхалъул жибго цӀуниялъул хӀалтӀи. Гъараналда гъорлъ руго хасал жал (флавоноидал ва фитонцидал), гьез черх цӀунула бактериял гӀемерлъиялдаса ва хроникияб унтиялдаса, гьединго клеткаби хвезарулел эркенал радикалазул асаралдаса.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...