Аслияб гьумералде

Жибго гьитIин, пайда кIодо

Жибго гьитIин, пайда кIодо

ГIодокари (черника) ккола риидалил тIагIамаб кIоркIоно (ягода) гуребги, тIабигIаталъ нилъее кьураб унго-унгояб нигIматги. Рохьоб бижулеб гьеб бецIхъахIаб нигIмат рикIкIуна къиматаб черхалъе пайдаяблъун.

 

ГIодокариялъулъ буго иммунитеталъе квербакъи гьабулел витаминалгун минералиял гIуцIаби.

 

10 пайда

  1. Бечедаб буго антиоксидантаздалъун. Гьелъ черх цIунула, лъикIаб буго рак, рекIел ва лугбузул унтаби ругезе.
  2. ЛъикIлъизабула берзул канлъи. Антоцианы абун гьелъулъ ругел гIуцIалабаз сах-саламатго цIунула канлъи, гьукъула дагь-дагьккун канлъи загIиплъи лъугьин ва катаракта ккеялдаса.
  3. ГIодокариялъулъ бугеб калиялъ кумек гьабула бидул тIадецIуй гIодобе ккезабизе. Флавоноидаз лъикIлъизарула бидурихьазул хIалтIи, инфаркт ва атеросклероз ккеялдаса цIунула, квешаб холестериналъул къадар гIодобе ккезабула.
  4. Бидулъ чакрил къадар рукIалида чIезабула. Гьуинаб кIоркIоно бугониги гIодокариялъ кумек гьабула чакрил къадаралъул низам цIунизе.
  5. Лъугьа-бахъунеб жо ракIалда чIеялъе бергьараб асар гьабула.
  6. Кванирукъалъе лъикIаб асар гьабула. ГIодокариялъулъ бугеб клетчаткаялъ рукIалиде бачуна гъизалъул хIалтIи, кумек гьабула бакьазулъ пайдаял микрофлорал лъугьиналъе.
  7. Бактериязде данде къеркьола. ГIодокариялъ хIалтIи гьабула тIабигIияб антисептик хIисабалда, гьелъ кумек гьабула инфекциязде данде къеркьезе.
  8. Рак унти ккеялдаса цIунула. Антиоксидантаз ва флавоноидаз квалквал гьабула ракалъул клеткаби рижиялъе, хасго биццатаб бакьалда, каранда ва бавасур лъугьараб бакIалда.
  9. Иммунитет щула гьабула. Гьелъулъ бугеб С витаминалъ бидулъ лейкоцитал рижиялъе кумек гьабула ва черхалъе хIал кьола заралиял инфекциялгун квачалдалъун лъугьунел унтабазда дандечIезе.
  10. Рукьбузе гьабула асар, рукIалиде ккезабула чорхол цIайи. Калориялъул къадар дагьаб ва клетчатка гьарзаго букIиналъ гIодокари кутакалда рекъараб буго чорхол цIайиялда хадуб хъаравуллъи ккуразе. ГIодокари буго кальциялдалъун бечедаб, гьелъулъ ругел фосфор, магний гIадал гIуцIабазгун цадахъ калиялъ сах гьарула рукьби.

Гьеб хIалтIизабула халкъияб медициналдаги. 

  • КIалдибгун мукъулукъалда воспаление лъугьиндал, гьелъул лъамалъи яги гьализабун хадуб лъугьараб сок хIалтIизабула кIал-мукъулукъ хулизе.
  • ТIом бухIи яги букаризаби, панкьал рахъин гIадал унтабазда бегьула гьелъул мугьал гIисин гьарун лъугьараб жо тIад бахун, компрессал гьаризе.
  • Гьеб кванаялъ кумек гьабула гемоглобиналъул къадар рукIалиде ккезабизе.
  • ХIалтIизабизе бегьула цIа-кан гIодобе ккезабиялъе.
  • Рас щула гьабула. Расалъул гIуцIи лъикIлъизабула, гьелъие гвангъи кьола ва бек-бекун бачIиналдаса цIунула.

Косметологиялдаги гIемер хIалтIизабула гIодокари. Гьелдаса гьарурал кремал, маскаби хIалтIизарула тIом цIуниялъе, гьеб хIерен гьабизе, рукIкIалабазде данде. Кумек гьабула тIаде рахъиял лъугIинаризе ва гьездалъун лъугьарал картIал данде иналъе, тIомол кьергун цIан бачIин лъикI лъугьинабула. Пайда гьабула тIомода бакъвай ва чIучIари тIагIинабизе.

ХIалтIизабула кванил нигI-матазулъ. Морозильникалъуб лъун цIунизеги бегьула, жиндилъ ругел гIемерисел пайдаял гIуцIалаби нахъе хутIигун.

 

Зарал гьабизеги бегьула

Пайдаяб букIиналдаго цадахъ цо-цо унтаби ругезе зарал гьабизеги рес буго гIемер кванаялъ. Кванирукъ унтаразул хIал хисизабизе рес буго. БатIи-батIиял нигIматазде аллергия букIунезеги асар гьабизе бегьула. Дараби хIалтIизарулел чагIазги цIодорлъи гьабизе ккола гьеб кваналелъул. Лъимаде йигей гIаданалъги балагьизе ккола данде кколищали. 

 

АхIмад Къурбанов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...


Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.   Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ...


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


Муфтияталъе баркала кьуна

Хасавюрт районалъул бетIерасул ишал тIуралев Багьавудин Мамаевгун дандчIвана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев, муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, рехсараб районалъулгун шагьаралъул волонтеразул централъул нухмалъулев Адам Нажмудинов. Гьез бицана тIабигIияб...