ОРВИялде данде
Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.
ОРВИ ккола батIи-батIиял вирусаз лъугьинарулел ва хIухьел цIаялъул нухазе асар гьабулел унтабазул бутIаби. Гьединаб хIал тIаде бачIиндал нилъеца абула квач хъван бугилан. Аслиял гIаламаталлъун ккола магIазухъан хIухьел босизе захIмалъи, хIалцен, жаниса щекъер букари ва бухIи, цIакан бахин, къаркъала загIиплъи.
ОРВИ ккезе бегьула гриппалъул вирусаз, коронавирусаз, риновирусаз, аденовирусаз, респираторияб синцитиалияб вирусалъ, парагриппалъул вирусаз ва цогидаз. ХIухьел цIаялъул нухаздасан чорхолъе лъугьун, гьез асар гьабула магIазукъалазул слизистияб оболочкаялъе, щокърое ва мукъулукъалъе. Гьединлъидал унтул гIаламаталги батIи-батIиял рукIине бегьула.
Хасало щай гIемер унтулел?
Квачараб заманалда гIадамаз цIикIкIун заман бала рокъоб. Гордал рагьуларо, рукъзабахъ гьава-бакъ дагьаб букIуна. Гьеб киналъго респираториял вирусал тIиритIиялъе санагIатал шартIал чIезарула.
Гьединлъидал хасало рукъзабахъе цIияб гьава бачIинелъун гордал рагьизе ва рес бугебгIан мехалъ унтараздаса рикIкIалъизе ккола.
Гриппалъул гIаламатал
Сезоналъулал хIухьел цIаялъул инфекциязда гьоркьоб хасаб бакI ккола гриппалъ. Гьелъие хасиятаблъун ккола циндаго унти. Инсан сах-саламатго вукIине бегьула, амма циндаго цIа-кан бахун, бетIер, ччорбал ва щукIдул унтун лъугьине рес буго.
ТIоцересел къоязда щекъер унти бигьаяб букIине бегьула. КIиабилеб, лъабабилеб къоялъ гIемерлъула хIалцен, цо-цо мехалъ керен унтула.
ГIемерисеб мехалда инсан дагь-дагьккун сахлъула. Амма гриппалъ рачине бегьула захIматал унтабазде, пневмония ккеялде. Хасго цIодорго рукIине ккола херал гIадамал, гIисинал лъимал, лъимаде ругел руччаби, хроническиял унтаби ругел чагIи.
Кин цIунилел?
Унтарав чияс цогидазулгун бухьен гьаби дагьлъизабила. Гьелъ хехго сахлъизе кумек гьаби гуребги, цогидазде унти бахиналъул хIинкъиги дагь гьабула.
Инфекция цIикIкIараб заманалда медицинаялъул маска ретIин букIине бегьула тIадеги цIуниялъул тадбирлъун, хасго жамгIияб транспорталда, медицинаялъул объектазда ва цогидалги, ай гIадамал гIемер ругел бакIазда. ХIажалъула рукъзабахъе гордал рагьун, гьури хьвадизабизе. ЦIияб гьаваялъ кумек гьабула вирусалъул бутIабазул концентрация дагьлъизабизе. КъватIиса рачIиндал кверал чурила сапунги бахун.
ГIадатиял къагIидаби
ГIураб къадаралда кьижиялъ, батIи-батIиял нигIматаз ва гьоркьоса къотIичIого черх «кIвекIиялъ» кумек гьабула чорхол гIадатияб хIал цIунизе.
Жиндирго сахлъиялъул ургъел гьабиялъ ва унтабаздехун жавабчилъиялъулаб бербалагьиялъ кумек гьабула мунго гуревги, сверухъ ругелги цIунизе.