Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Ихтияр букIарабани гIумруялъул кинаб рахъ хисизабилеб букIараб нужеца?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

Ихтияр букIарабани гIолохъанлъи тIадбуссинабилаан. ГIадада араб как-кIалалъул, гIадамазе пайдаяб гьабичIого, ахираталъул ургъел гьечIого араб заман бугелъул гьеб.

Хисизабизе бокьараб гIамал гIемер буго, кIал-мацIалъе гIадлу гьабун бажарулебани.

Хадусеб номералъе суал «КигIанасеб къадаралъ нужеца Къуръан цIалулеб?»

ГьитIинго мадрасалде инаан.

ГIелму цIикIкIун лъазабилаан.

Школалда цIалулеб заман.

Лъай-гIакълу гьечIого араб заман.

Киналго рахъал.

Тавбу, тавбу, тавбу ва хадубги тавбу.

Дирго квешаб гIамал Аллагьасул рахъалде буссинабизе букIана.

ГIолохъанаб заман. ГIумруялъул ахир лъикIлъизабеян гьарула Аллагьасда .

Хисизабизе рес букIарабани гIемер жо хисизабилаан, амма бищун ракI бухIараб жо ккана рес бугеб мехалъ гIелму цIаличIолъи. МугIалимасги абулеб букIана хадуб ракI бухIулин.

Цебе араб хисизабизе кIоларо, амма бачIунелда Аллагь разияб хIалалъ вукIине хIаракат бахъула. Цебе аралдаса тавбуги гьабула.

Гьабулеб жо кIвар кьун, эбел-инсул цIикIкIун хIурмат гьабилаан.

Цебе араб хисизабиялъул анищал гьарунилан абун, щибго хисуларо. Дир нужее насихIат - тавбу цIикIкIинабе, устарасул вирдал заманалда тIурай, паризаял жалазе кIвар цIикIкIун кье.

Ихтияр букIарабани, гIелму цIаличIого араб гIолохъанлъи тIадбуссинабилаан. Амма аралда хадуб ракI бухIиги тавбу кколелъул, хьул буго Аллагьас къабул гьабилин абун.

Инсуца абулаан гьаб заман хехго унеб жо бугилан, амма гьитIинаб мехалда дица гьелде кIварго кьолароан. Гьанже бичIчIулеб буго гьаб гIумру цIакъго къокъаб жо букIин. Хисизабизе рес букIарабани, гьитIинаб къоялдаса нахъе гIелму тIалаб гьабун мадрасалде хьвадилаан. Аллагьасул нух ккурасе Гьес кумекги гьабула. БоцIи-мал буго нилъеца цIунизе кколеб, гIелмуялъин абуни нилъ цIунула. Аллагьас кумек гьабеги.

Спорталде кIвар кьелаан. ХIисаб гьабидал бичIчIана, ракI унтун пуланаб жоялде кIвар кьуни, цо чи вахъине рес букIин. Гьанже дир заман ана, как-диналда тIадчIун вукIинаха.

ЛъикIаб хIалтIуда вукIана. ГIолохъанаб мех гьагабин абулелъул, дирго кIарчанлъиялъ гъалатIал риччан нахъе гьавуна гьеб хIалтIудаса. Хисизабизе рес букIарабани дол гъалатIал риччазе рукIинчIо.

Квешал гьудулзаби рикIкIад телаан, цIакъ гIемер гуккана гьез.

Щибго хисизабиларон. Аллагьасул I хIукмуялда разияй йиго. Аллагь разияб гIамал кьеги киназего.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...