Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Интернет-вайфаялда тIад кигIан гIарац хвезабулеб нужеца моцIида жаниб?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

Жакъа цо-цо чагIи руго, налъи гьабун гурого чед босизе рес гьечIониги, интернет къотIизе толарел. Гьайгьай, интернеталдаса дунявияб хайир щолеб гьечIонигицин. Гьеб ккола ахIмакълъи. Дицайин абуни вай-фай бачун гьечIо, мадугьаласулалда ваччун вукIуна. Амма телефоналда тIад хола 250-300 гъурущ гIарац.

Хадусеб номералъе суал «Аллагьасе гIибадат гьабиялъе гъира щиб пишаялъ нужер баккизабулеб?»

350 дирго телефоналда, гьедигIанго хъизаналъулги, гьелде тIаде - рокъоб бугеб вай-файги - 550, палхIасил - 1250 гъурущ. ХIакъикъаталдаги щибго пайда гьечIелъубе унеб гIарац буго гьеб. ЛъагIалие 15 азарго гъурущ. ГьедигIанасеб гIарац цо лъикIаб рахъалде кьейин абуни, кIодого бихьула тIоцебе дидаги хадуб цогидазда. Аллагьас кантIизареги нилъ.

Ункъо моцIрое 2000 гъурущ рехула вай-фай хIалтIизабиялъе.

Гьеб суал халлъидал гурони пикруго гьабун букIинчIо телефоналъухъ унеб гIарцул. ХIисаб гьабидал 2400 гъурущ унеб буго. 200 гъурущ исламалъул нухде кьеян абун букIарабани, щибаб моцIалъ кьун бажарилароанин ккола.

Дун вуго ригьалде вахарав чи. Дир буго фонарик-телефон, хъизамалъул телефонцин гьечIо. Телефоналде щибаб моцIалъ рехула 50 гъурущ. Гьаб дунял къокъаб жо буго, телефоназде машгъуллъун рукIине бегьиларо.

Цебе хIисабго гьабулароан. Гьанже хIисаб гьабидал вай-фаялъухъ уна 550 гъурущ. Хъизамалъулги дирги гIагаршагарго уна 800 гъуруш. Ургъизе ккараб хIужа буго.

Дида ккола гьаб телефон ургъун бугин нилъехъа гIарац нахъе босиялъул мурадалда. Рехула гIарацги, букIуна «пополните счет» абун ахIдолеб гьаракьги. МоцIрол ахиралда хIисаб гьабидал 2800 гъурущ ун батана цо дир. Гьанже фонарик-телефонги босун чIун вуго. Огь, бугеб рахIатгиха. Ватсап, инстаграм, фейсбук, вконтакте абурал приложенияз бетIерго сверизабун букIана.

Дир буго кIиго телефон. Цоялде рехула 190 гъурущ, цогидалде - 350. ЧIужуялъул телефоналде рехула моцIида жаниб 30 гъурущ. Нижеца гIумру гьабулеб бугеб бакIалде жеги вайфай щун гьечIо.

Мадугьаласги дицаги цо вай-фай бачун буго. Гьелъухъ моцIалъе кьола 300 гъурущ щивас. Телефоналдеги рехула дица - 300, чIужуялъ - 300, васас - 250. ПалхIасил, 1150 гъурущ унеб буго.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...