Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Авараг гьавураб моцI бачIиналда хурхун кинал тадбирал нужеца гьарулел?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

БитIараб бицани, исанасеб мавлид моцI ана бусада вегун. Коронавирусалъ унтана тIубараб хъизан. ТIаде чагIиги риччаларо, нижгоги къватIире рахъунаро. Амма авараг кIодо гьавун цо гьитIинабго мавлид ахIичIого течIо. Аллагьас гьаб унти нахъе босаги хирияв аварагасул r хIурмат гьабун.

Рамазан моцIалда хадуб нижеца кIодо гьабулеб моцIалдасан ккола рабигIул аввал. Дида рагIана авараг гьабураб къо Лайлатул къадриялъул сордоялдасаги хирияб бугилан абун. Гьеб къоялъ гьавуна дунял-гIаламалъе рахIматлъун жив витIарав МухIаммад авараг . Гьеб къоялъ, нижеца рамазан моцIалъго гIадин, гIуцIула стол, ахIула гIагарлъи, мадугьалзаби, гьудулзаби.

Умумуздасан нилъехъе бачIараб буго гьеб хирияб моцI гIемер аварагасде r салават битIун, мавлид гьабун, аварагасул гIумруялъул лъазабун тIобитIулеб. Нижецаги гьедин гьабула, хьул буго лъималазги гьеб гIадат хвезе теларин.

РабигIул аввал моцIалъ дир гIадат букIана гIумра гьабизелъун хъизан-агьлуги рачун хириял ракьазде унеб. Гьал ахирисел соназда коронавирус сабаблъун бажаричIо ун. Аллагьас кумек гьабеги киназего ва сахлъиги кьеги.

Аварагасул шапагIаталдаги божулел ва къиямасеб къоялъ гьеб щвезеги бокьараз авараг гьабураб шагьру кин кIодо гьабичIого толеб!? Нилъеда ракI бан вугев авараг r вокьичIогоги кин рукIунел!? АвараггIан кIодо гьавизе кколев чи гьаб ракьалдаги гьечIелъул, гьев гьавураб моцI ва къо нижеца кутакалда лъикI, Аллагь разияб хIалалда тIобитIула. Аварагасул хIакъалъулъ хъварал тIахьал цIализе хIаракат бахъула.

Хадусеб номералъе суал «Лъималазда исламияб лъай малъизе кигIан заман хвезабулеб нужеца?»

Аварагасде гIемер салават битIула, гIагарлъигун данделъун мавлидал гьарула.

ЦIалулаго гьоркьоб хутIун букIараб аварагасул сираталъул тIехь цIидасан цIализе байбихьана.

Мавлид гьабуна, рукъалъул агьлуялъе цо-цо сайгъатал росана.

РабигIул аввал моцI тIаде щведал, аварагасул хIакъалъулъ ругел нашидазухъ гIенекки цIикIкIинабула ва гьезда цадахъ аварагасде салават битIизеги хIаракат бахъула.

Мавлид моцI Аллагь разияб хIалалъ тIобитIизе жигар бахъула. КIудияс тIадкъарал вирдал заманалда тIуразе хIаракатги бахъула. ГIагарлъиялъухъе ин цIикIкIинабула, садакъа гIемер гьабула.

Дир гIадаталдасан буго рамазан ва рабигIул аввал моцIаз Къуръан цIалулеб. Исана коронаялъ унтун кинго кIвечIо гьеб цIализе. Аллагьас киназего сахлъи кьеги.

Мунагьал чураяв эмен вукIана цIакъ мавлидал ахIизе бокьулев инсан. Исана мавлид моцI инсудасан къулгьу гьабун ва мавлидал цIалун тIибитIана. Аллагьас къабул гьабеги.

Цебе дун вукIана мавлид гьабизе бегьуларин абулездасан, пикру гьабидал ва хIакъикъиял гIалимзабазухъ гIенеккидал баянлъана мавлид гьаби лъикIаб иш букIин. Исана гьабуна тIоцебесеб мавлид авараг кIодо гьавун. ЦIакъ лъикIаб гIадат буго дагъистаниязул гьаб моцI авараг кIодо гьавун тIобитIулеб.

ХIалтIулеб бакIалда санагIалъи кколаро гьаб моцI гIибадаталда тIамизе, амма къаси кватIун рокъове щваниги, хъизан-агьлугун цадахъ, аварагасул хIакъалъулъ цIалула батIи-батIиял тIахьал.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...