Аслияб гьумералде

ГIакъилал цIунцIраби

ГIакъилал цIунцIраби

ГIакъилал цIунцIраби

Сулайман аварагасул заманалда ккун буго кутакаб ракъдаллъи. Гьедин заман байдал гьев ун вуго цIад гьаризе, жиндирго къавмги бачун, авлахъалде.

 

Сулайман авараг вукIана киналниги хIайваназул мацI бичIчIулевлъун. Авлахъалдасан унаго, Сулайманида бихьун буго цо цIунцIра, кIиго хIетIеялда бахъунги чIун, цересел зодореги рорхун, БетIергьанасда гьарулеб: «Я ТIадегIанав Аллагь ﷻ, ниж, ай цIунцIраби руго дур махлукъатазул бищун гIисиназдасан, нижеда гIумру гьабизе кIоларо Дур ﷻ баркат-рахIмат тIаде бачIунеб гьечIони. Бегьулеб батани, кье нижее кваназе жо ва гIадамазул мунагьаздалъун нижее тамихIги гьабуге», - ян. Гьелъул  гьари рагIидал Сулайманица халкъалдехун вуссун абула: «Рилълъа нахъе, нилъее гIей гьабила гьаб цIунцIраялъ гьабураб дугIаялъ», - ян. Гьедин гьелги уна ва хадуб лъикIал цIадалги рала.

ЦIунцIраби ккола Аллагьасул ﷻ махлукъатазул гIезегIанго цIодорал жал. Хинал къоял рачIиндал гьез хIаракат бахъула квачарал, цIадал ралел, жал къватIире рахъун бажаруларел къоял рачIиналде нахърател гьабизе. Гьедин данде гьабураб нахърателалда гьоркьоб тIорщел ялъуни цоги ракьулъ букIиналдалъун цIилъизе, бижун бачIине рес бугеб гьез кескал гьарун гIисин гьабула. Жеги гьез жидерго буголъи хвечIого букIинелъун, зама-заманалдаса хIеккун бугищали халгьабун, бакъвазабун, гьогьомизабула.

Гьезул ракьулъ картIал рукIунел руго кутакалда мухIканго гьарурал, цIадал раниги лъим жанибе лъугьунаредухъ. Цогиял рухIчIаголъабазде дандеккун гьезда кIолеб буго жидерго черхалъул цIайиялдасаги кIиго нухалъ цIикIкIараб борхизе. Къокъаялъулъ ругезул ургъел гьабиги букIунеб буго гьезулъ, кидаго гьел цоцазулгун хурхен гьабун хIалтIула. Цо цIунцIраялда кибалиго тIагIам батани, гьелъ цогиязда лъазабулеб буго ва цадахъ кьер гьабун унел руго гьеб бугеб бакIалде. Гьелъ бихьизабулеб буго гьезулъ бугеб гъунки, цоцазул тIалаб-агъаз ва цоцазе хIажаталъе рахъунчIей.

Сулайман аварагасул гьезулгун ккарабги рехсезин. Цо нухалъ гьев жиназул, инсазул, хIанчIазул аскаргун унаго щун вуго цIунцIрабазул расалъиялде. Гьел рачIунел ругеблъи бихьун буго цIунцIрабазул бищун чIахIиязул цоялда. ЛъачIого гьез чIинтIизе гурин абун, гьелъ буюрухъ кьун буго цIунцIрабазе, картIазухъе лъугьун рахчеян. Гьелъул гьеб буюрухъ рагIун буго Сулайман аварагасда ва гьимун вуго гьев. Цинги жиндирго аскаралдаги абун буго дагьаб заманалъ лъалхъейилан абун. 

Гьел киналго жанире лъугьун хадуб Сулайманица гьезул кIудиясда абун буго: «Кин дир къавмалъ нужее зарал гьабулеб, дуда лъаларищ дун Аллагьасул ﷻ авараг вукIин ва киданиги дица ритIухъаб гуреб гьабулареблъи?» - ян. ЦIунцIрабазул цебехъаналъ абула: «Я Аллагьасул ﷻ авараг, дица гьездехун гьабураб букIана нужеца гьезие зарал гьабиялдаса хIинкъун гуреб, нужер кIодолъиги, нужехъ бугеб бечелъиги бихьун, гьез БетIергьанасе ﷻ гьабулеб тIадегIанлъиги Гьев ﷻ рехсейги гьезда кIочон тун, гьел къосун ккелин хIинкъун», - ин.

Гьаб лъугьа-бахъиналдасанги бихьулеб буго кигIан гьитIинабги Аллагьасул ﷻ махлукъат жинда рекъараб гIакълуги кьун, цIуниялдалъун гIумру гьабизе битIараб букIин, жеги бихьулеб буго гьитIинаб цIунцIраялъеги БетIергьанасулъ ﷻ бугеб тIадегIанлъиялъул бичIчIи кьун бугеблъи. ГIадамал абуни, бищун хира гьарун, бищун гIакълуяллъун ругониги, тIадаблъун гьабурабги букIине кколедухъ тIубазабун бажаруларел руго.

 

АхIмад Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...